ГӀаихил Марин

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГIаихил Марин» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГӀаихил Марин

ГIаихил Марин (1840—1905)

Авар халкъалъул тIоцеесей шагIир, Аваристаналдаго цIар рагIарай магIабазул ва рокьул кучIдузул устар, ГIанхил Марин гьаюна 1840 соналъ Ругъжаб росулъ. Марин йикIун йиго гьоркьосеб черхалъул, чIегIерал беразул, чIегIеркIуяб гьурмал, берцинай гIадан.

Мариница кучIдул гьари гуреб гьел ахIулелги рукIана. Маринил букIана бихьинчиясул гIадаб гьунар, яхI. Гьединлъидалги гьелъ, гьеб диналъул законал бищунго мухIканаб заманалда, ахIана кучIдул жиндир рокьул бицун, жиндир рекIел хIалал загьир гьарун. ХIинкъичIого гьелъ лъазабуна зулмучагIазда жиндир гьезде бугеб рокьукълъи. Нахъе къачIого Мариница тIалаб гьабуна мискин халкъалъе, хасго, руччабазе эркенлъи. ТIоцебесеб иргаялда гьелъие бокьараб эркенлъи букIана рокьул рахъалъул эркенлъи, гьелда бащадго мискинхалкъ зулмучагIазул кверщаликьа бахъи. Гьеб кинабго букIана гьеб заманалда гIемер кIудияб ва бихьинав чиясецин захIмалъизе бугебгIанаб иш.

Мариница тIоцебе кечI кида гьабизе байбихьарабали абизе захIматаб буго, гьелъул рахъалъул нилъее щвараб баянлъиги гIемер дагьаб буго, амма Ругъжаб росдал харабазул биценазда рекъон абизе бегьула гьелъ тIоцебе рокьул кечI гьабунин. Амма вац цIоралдаса чIван вачун хадуса Мариница гьарунин магIабиги. Мариние цIакъ захIмалъана ва бакIлъана жинцаго нух битIарав вац ЦIоралдаса чIван вуссин. Абухъе гьелъ тIоцебе магIо гьеб заманалъ гьабунин. Гьединго нилъеда лъала Маринил СалтIа кварида ран чIварал рагъухъабазде гьабураб магIоги. Абухъе гьелъ гьеб магIо гьенир чIваразул жаназабазда сверун чIун ахIарабин.

Росдал харабаца абухъе, Марин йикIана бадиса - бадиб рагIи абулей, квешалда квешабин, лъикIалда лъикIабин абулей гIадан. Гьеб захIмалъулеб букIана росдал ихтияр кодосел, жамагIаталъул боцIи - гIарац кванан гIумру тIамулел чагIазе. Мариница жиндир рагIи кIалаца аби ругеб, гьеб ахIиги цIакъ бакIлъулеб ва хечлъун къалеб букIана гьезда. Мариние гудур гъолаго чанги соназ гьединал чагIаца бугьтанал рехана гьелде, рогьоял хIехьезе ккана гьей. Амма гьей юцIцIичIо сунцаги. Ахирги гьелъ кучIдул гьаризе тезе гьечIеблъи лъарал росдал ихтияр кодосез гьелъул кIал букъана, росдал гIодосел хабзалалъ занидаги юхьун. Амма кьварарай, къвакIарай магIарул кочIохъаналъ ахIана жеги кечI, кIал букъун хадубги. Абуна гьелъ жиндир рагIи! Жиндир яхIалдалъун гьелъ баян гьабуна жий чIужугIадан йигониги гьединал чIужугIаданалда квер борхизе нахъе цIаларел бихьиназда цее къуркьуларин, хIинкъуларин. Амма балагьлъун ккана Мариние жиндир гIамал, абулеб рагIи - замана букIана гьединаб, чIужугIаданалъул ихтияр букIинчIо сундуеги. Марин росдал кверщел кIудиял чагIаца росулъа къватIие ахIана. ГIумруялъул лъабго сон шагIиралъ тIамуна Гьидалъ. Абухъе Марин Гьидалъ кидаго урхъун йикIуна гIагарлъиялъухъ, жий гIураб росдахъ, мадугьалзабазухъ. Гьеб кинабго гьелъ бихьизе гьабун буго Гьидалъ гьарурал кучIдузулъ. Амма гьелда башадго гIадин гьелъул кучIдузулъ цIикIкIуна зулмучагIаздехун рокьукълъи.

Жиндир тухумалдаса чиясе йокьаниги Марин росасе уна МухIамад абурав мискинав чиясе. Гьесие гьелъ гьабула кIиго лъимер: вас ГIумар, яс ГIайшат. Хванила Марин унтун 1905 соналъ. Юкъун йиго гьей Ругъжадерил хабзалалъ. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. http://maarulal.ru/poetry/101-gianxil-marin-1840-1905-ss.html