ГӀаихил Марин
| ГӀаихил Марин |
|---|
ГӀаихил Марин (1840—1905)
Авар халкъалъул тӀоцеесей шагӀир, Аваристаналдаго цӀар рагӀарай магӀабазул ва рокьул кучӀдузул устар, ГӀанхил Марин гьаюна 1840 соналъ Ругъжаб росулӀ. Марин йикӀун йиго гьоркьосеб черхалъул, чӀегӀерал беразул, чӀегӀеркӀуяб гьурмал, берцинай гӀадан.
Мариница кучӀдул гьари гуреб гьел ахӀулелги рукӀана. Маринил букӀана бихьинчиясул гӀадаб гьунар, яхӀ. Гьединлъидалги гьелъ, гьеб диналъул законал бищунго мухӀканаб заманалда, ахӀана кучӀдул жиндир рокьул бицун, жиндир рекӀел хӀалал загьир гьарун. ХӀинкъичӀого гьелъ лъазабуна зулмучагӀазда жиндир гьезде бугеб рокьукълъи. Нахъе къачӀого Мариница тӀалаб гьабуна мискин халкъалъе, хасго, руччабазе эркенлъи. ТӀоцебесеб иргаялда гьелъие бокьараб эркенлъи букӀана рокьул рахъалъул эркенлъи, гьелда бащадго мискинхалкъ зулмучагӀазул кверщаликьа бахъи. Гьеб кинабго букӀана гьеб заманалда гӀемер кӀудияб ва бихьинав чиясецин захӀмалъизе бугебгӀанаб иш.
Мариница тӀоцебе кечӀ кида гьабизе байбихьарабали абизе захӀматаб буго, гьелъул рахъалъул нилъее щвараб баянлъиги гӀемер дагьаб буго, амма Ругъжаб росдал харабазул биценазда рекъон абизе бегьула гьелъ тӀоцебе рокьул кечӀ гьабунин. Амма вац цӀоралдаса чӀван вачун хадуса Мариница гьарунин магӀабиги. Мариние цӀакъ захӀмалъана ва бакӀлъана жинцаго нух битӀарав вац ЦӀоралдаса чӀван вуссин. Абухъе гьелъ тӀоцебе магӀо гьеб заманалъ гьабунин. Гьединго нилъеда лъала Маринил СалтӀа кварида ран чӀварал рагъухъабазде гьабураб магӀоги. Абухъе гьелъ гьеб магӀо гьенир чӀваразул жаназабазда сверун чӀун ахӀарабин.
Росдал харабаца абухъе, Марин йикӀана бадиса - бадиб рагӀи абулей, квешалда квешабин, лъикӀалда лъикӀабин абулей гӀадан. Гьеб захӀмалъулеб букӀана росдал ихтияр кодосел, жамагӀаталъул боцӀи - гӀарац кванан гӀумру тӀамулел чагӀазе. Мариница жиндир рагӀи кӀалаца аби ругеб, гьеб ахӀиги цӀакъ бакӀлъулеб ва хечлъун къалеб букӀана гьезда. Мариние гудур гъолаго чанги соназ гьединал чагӀаца бугьтанал рехана гьелде, рогьоял хӀехьезе ккана гьей. Амма гьей юцӀцӀичӀо сунцаги. Ахирги гьелъ кучӀдул гьаризе тезе гьечӀеблъи лъарал росдал ихтияр кодосез гьелъул кӀал букъана, росдал гӀодосел хабзалалъ занидаги юхьун. Амма кьварарай, къвакӀарай магӀарул кочӀохъаналъ ахӀана жеги кечӀ, кӀал букъун хадубги. Абуна гьелъ жиндир рагӀи! Жиндир яхӀалдалъун гьелъ баян гьабуна жий чӀужугӀадан йигониги гьединал чӀужугӀаданалда квер борхизе нахъе цӀаларел бихьиназда цее къуркьуларин, хӀинкъуларин. Амма балагьлъун ккана Мариние жиндир гӀамал, абулеб рагӀи - замана букӀана гьединаб, чӀужугӀаданалъул ихтияр букӀинчӀо сундуеги. Марин росдал кверщел кӀудиял чагӀаца росулӀа къватӀие ахӀана. ГӀумруялъул лъабго сон шагӀиралъ тӀамуна Гьидалъ. Абухъе Марин Гьидалъ кидаго урхъун йикӀуна гӀагарлъиялъухъ, жий гӀураб росдахъ, мадугьалзабазухъ. Гьеб кинабго гьелъ бихьизе гьабун буго Гьидалъ гьарурал кучӀдузулӀ. Амма гьелда башадго гӀадин гьелъул кучӀдузулӀ цӀикӀкӀуна зулмучагӀаздехун рокьукълъи.
Жиндир тухумалдаса чиясе йокьаниги Марин росасе уна МухӀамад абурав мискинав чиясе. Гьесие гьелъ гьабула кӀиго лъимер: вас ГӀумар, яс ГӀайшат. Хванила Марин унтун 1905 соналъ. Юкъун йиго гьей Ругъжадерил хабзалалъ. [1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Archive copy". Архивация оригинал, 2010-01-15. Щвей 2010-12-14.
{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)