Гуро-гамачӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Гу́ро-гама́чӀ (яги Гу́рогамачI) – гендерил ГохӀдулӀ абураб рохда бугеб, мификияб тарихги бугеб, аздагьодул квачӀгIадаб кӀудияб ганчӀида лъураб цӀар.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

КIиго рагIудасан гIуцIараб ккола: гу́ро ва гама́чI. Тарихалда рекъон, бахӀарчиясда гьабгощин нухалъ аздагьойин рикӀкӀунеб букӀараб, рохьоб бихьулеб букӀараб цо рижи унгоги гамачӀ батӀана, цӀакъ аздагьода релълъараб. Воххарав гьес: «Аздагьо гуро, гамачӀ!»-ин ахӀун буго. Гьелдаса нахъе гендерица гьеб, гьабсагӀалъгицин бугеб, ганчӀида Гу́ро-гама́чӀ абула. КӀиабилеб версиялда рекъон, цо чӀужу, хӀинкъичӀого рохьойги ун, гьелда хадуб аздагьоги лӀугьун, гьелъа Курсиги цӀалун тушманги кьвагь-кьвагьун, гьелъул санал, логол къинцӀал, гьан-ракьа тирщ-тирщун арабго, нахъоги рохьоб гьелда релълъараб жо бихьидал, цогияс ахӀун буго: «Аздагьо гуро, гамачӀ!»-ин. Аздагьодул гьан ганчӀиде буссиндал.

Гьал версияби, гьайгьай, гипотезаби руго. Унгоги жеги щиб жо кколеб gúro гьеб рагӀулӀа нилӀеда лъаларо. ГӀадамаца жедее бокьухъе хӀебтӀизабула тарих (жидее гӀураб гӀакълуда рекъон, жал ругеб мехалдагигъун).

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Берц-МагъилӀ ругел гьел тайпаял ганчӀазул цояб

ГанчӀил буго жиндирго тарих, хӀо версияби чанго батӀиял руго. АхӀмадил МухӀамаднабица жиндирго «Генуб. Тарихалъул нугӀзал» тӀохьода бицунеб буго гьеб тарих къокъабун гьадин: гендерил ГохӀдулӀа, сверухъгогӀадин, букIанила керчаб рохь. Генуб бицен букӀанила, гьеб рохьоб бетӀербахъи гьабулеб ццидалаб аздагьо бугин. Росдал гьеб рахъалде къанагӀат гурони чи унароанила, аралги гьаркьалги гьарулего лӀутун рачӀунаанила. Цо къоялъ борчун хвалченгун, жив гьеб «аздагьоги» чӀван гурони, нахъе вуссунарилан абун лӀугьанила цо гӀолохъанчи. Гьеб гендерида рагӀизеги гьабун, рохьовхун валагьун анила гьев. ГӀолохъанчи хӀинкъичӀого анила «аздагьо» паркъараб бакӀалде. АскӀове щваравго, гьениб батанила бецӀаб кьерзул аздагьода релълъараб сипаталъул кӀудияб гамачӀ. Воххуца, гьес, росулӀе нахъвуссунго: «Аздагьо гуро, гамачӀ!», – ан ахӀанила. Гьеб къойидаса нахъе бахӀарчиясул рагӀабаздалъун рехсанила росуцояз гьеб гамачӀги, гьелда сверухълъиги.

Цогияб версиялда рекъон, гьабсагӀалъги Генуб машгьураб, ццидалаб аздагьо «унгоги» букӀараб жо ккола. БукӀараб гӀечӀого, жеги гьелъул щват гьитӀинаб кьурулгӀанасеб букӀанила, чӀахӀиял милъралгицин рукӀанила ва кӀалзухъан цӀаги пирхулаанила. Гьеб аздагьодуца гӀакъуба кьун толарогун рукӀанила генал, рохьоре рихьи бахъизегицин ине щолароанила. Гьелъул залимлъи рекӀеда рекӀарай цо гӀадан сунхъего балагьичӀого, кьабгӀухъе анила рохьое. Гьениб цинго гьебги батичӀого, рихьи-мичӀилги къвалакьа ккун рохьоса инин лӀугьарайго, гьелда хадуб гъун буго аздагьо. ХӀинкъарай гьелъа партӀун тӀуризе хӀаракат бахъун буго, хӀо цодагь гъоркьегӀан гьей щварайго гьеб кӀудияб хъублъи́ гьелда хадуб гъун буго. Гьелда хартIан ботӀролӀе бачӀун буго Курси цӀализе. Гьеб гьелъа цӀаларабго, аздагьодуца гӀасиял гьаркьал гьаризе байбихьун буго, цинги цодагь мехалдасан гьеб кьвагьун буго – гьелъул саналги, логол хутӀ-кӀачги рос-росун ун руго рахъ балагьичӀого. Гьелъул щибаб логол къинцӀ, рортудасаго гамачӀлъун руго – цо квачӀ, кӀиго – рачӀчӀ. Гьанжегицин, гендерил бицанихъе, Генуб росдае кколелщинал бакӀазда рихьизе регьула аздагьодул логол гамачӀлъарал къинцӀал. Гьединал ганчӀал ратула тарихалъул бицен байбихьараб ГохӀдулӀа, ГъеникӀкӀалахъ, ХӀажикӀкӀалахъ, Берц-МагъилӀ, Щугъи ва гь.ц.