Арагва
Ара́гви (гуржи: არაგვი) — бакъбаккул Хъизихъалда бугеб гӀор, Кор гӀоралъул квегӀаб гӀаркьел.
ЦӀар
[хисизабизе | код хисизабизе]Ара́гви[1] абураб гуржи рагӀул магӀга буго «хехаб», «кватӀулареб» абураб.[2] Цогидаб версиялда, гӀоралъул цӀар бачӀун буго абхаз аракуа — «гӀаркьел» абураб рагӀудаса.[3]
Сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀор байбихьулеб буго Кавказалъул бетӀераб балалъул жанубияб рахъалдаса. Байбихьуда гӀоралда абула ХъахӀаб (Мтиулалъул) Арагви абуг. Гьеб чвахулеб буго миччилалдаса ва гачиганчӀидаса, жинца лъималъе хъахӀккараб кьер кьолеб. Пасанаури гьеналъухъ ХъахӀаб Арагва жубалеб буго ЧӀегӀераб Арагвагун, жиб чӀегӀераб миччиладаса чвахулеб ва гьелъ жиндир чӀегӀераб лъим бугеб. Жубан хадуб гӀоралъул цо манзилалъ букӀуна кӀиго параллелияб мухъ — канчӀаб ва бецӀаб. Гьедин кӀиго гӀаркьел жубан лӀугьараб гӀоралде абула Арагвайилан. Жинвали росдада аскӀоб Арагваялде гъорлӀе жубала Пшавалъул Арагва, КӀудияб Борбало мегӀералъул бакътӀерхьул щобаздаса чвахун бачӀунеб ва жиндир шималияб гӀаркьеллъуг Хевсур Арагва бугеб. Ункъабго Арагва жубаялда гьабун буго Жинвал лъелнахърател ва ГЭС, жидеца Хъизихъалъул тахшагьар лъедалъун ва каналдалъун хьихун бугел. Мцхета шагьаралда аскӀоб Арагва жубалеб буго Коралде гъорлӀе. Арагваялъул лъим аслияб къагӀидаялъ буго цӀорол. Арагваялъул расалъиялдасан унеб буго Рагъулабгин Гуржи нух[4].
Арагва гӀор лӀугьиналъул хӀакъалъулӀ бицен
[хисизабизе | код хисизабизе]Рорхатал мугӀрузда гӀумру гьабун йикӀун йиго яц — цояй хъахӀаб рас бугей, цояй чӀегӀераб рас бугей. Гьел цоцазе рокьулел рукӀуна, ва кӀиязулго рокьи ккола цого васасухъ. Васас ячуна хъахӀаб рас бугей. Пашманлъи хӀехьезе кӀвечӀей яц кӀанцӀула кӀкӀалахъе, ва гьедин юижула гьениб гӀор, ясалъул гъалал гӀадинаб чӀегӀераб лъим жиндир бугеб — ЧӀегӀераб Арагва. Хирияй яц хвараблъи лъайдал, хъахӀаб рас бугей яцги кӀанцӀула кӀкӀалалъе — гьедин юижула ясалъул рас гӀадаб хъахӀаб лъим жиндир бугеб ХъахӀаб Арагва. Жиндир гӀолохъаная лъади хвараблъи лъала васасда, ва гьевги кӀанцӀула кӀкӀалахъе — гьедин бижула кӀкӀалахъ гӀор — Пшавалъул Арагва.
Галерея
[хисизабизе | код хисизабизе]- Жинвали лъилнахърател
- Ананури хъала
- Арагваялда бугеб сангар
- Арагвиялъул ицц
Бл. гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]
ХӀужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ Арагва // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
- ↑ Твёрдый А. В. .
- ↑ Д. Гулия. . — Т. 1. — Гь. 62.
- ↑ Цабаев Василий Георгиевич. . — Гь. 120.