Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ункъго цойги ханзабазул сияхӀалда цадахъ (Палермоялъул гӀамачӀ , Карнакалъул сияхӀ , Саккараялъул сияхӀ , Туриналъул ханзабазул сияхӀ ) Абидусалъул сияхӀ ккола пиргӀавназул ханлъиялъул тартиб чӀезабиялъе цӀакъ кӀвар бугеб иццлъун.
СияхӀ буго I Сетил Абидусалда бугеб хӀарамалъул ханзабазул галереялъул жанахӀалъул жанубияб къадада. Гьелъул байбихбуда вуго вахъун Сети I ва гьесул вас ва ирсилав Рамсес .
Абидосалъул сияхІалъул тІубараб сурат
ПиргӀавназул ханлъиялъул тартиб, хасго Басрияб ханлъиялъул пиргӀавназул, бихьизаби гуребги, сияхӀалда рехсон руго VII ва VIII наслабазул гӀемерисел пиргӀавназул цӀарал, ва гьелъ сияхӀалъул кӀудияб кӀвар буго.
СияхӀалда гьечӀо I ва II хиси ккараб заманалъул пиргӀавназул ва гиксосазул цӀарал. ГьечӀо гьединго XVIII наслуялъул хадусев 5 пиргӀавнасул цӀар:
ХӀатшепсут (Мааткара) — III Тутмосил регент, жинца хвезегӀан ханлъи гьабурай, гьелъул цӀар хъвачӀолъиялъе гӀилла батизе бегьула гьелъул цӀарал III Тутмосица жиндир заманалда тӀагӀинарула рукӀин.
Ахенатен (Неферхеперура) — гьесул цӀар сияхӀалда гьечӀолъиялъе гӀилла буго гьев, египтяназул диналдаса инкар гьабиялъ, бидгӀачилъун лъазави ва нагӀана кьун тей.
Сменхкара (Анх-хеперура)
Тутанхамун (Небхеперура)
Ай (Хеперхеперура)
Ахирисев лъабго пиргӀавнасул цӀар гьечӀолъиялъул гӀилла буго гел гьединго Амарнаялъул периодалда ва Ахенатенида хурхарал рукӀин ва бидгӀачагӀи хӀисабалда нагӀана кьун тарал рукӀин.
СияхӀ гӀуцӀун буго лъабго кьералъ, щибалда 38 картуш бугеб. КӀиго тӀасияб кьералда. КӀиго тӀасияб кьералда руго пиргӀавназул цӀарал, щибабсул цо-цо, жал ханлъи гьабиялъул тартибалда рекъон, сияхӀалъул тӀасияб мухъалъул квегӀидаса байбихьун ругел.
Абидосалъул сияхӀалъул картушазул сурат.
1–8 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
1
Мени (Mn.j)
Менес
2
Тети (Ttj). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
ХӀор-АхӀа
3
Ити (Jtj)[ 1] . Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
Джер
4
Ита (Jtȝ). Туриналъул сияхӀалда — Итуй.
Уаджи , Джет
5
Сепати (Spȝt.j). Туриналъул сияхӀалда — Къененти.
Ден , Семти, Удиму[ 2]
6
Мерибиап (Mr-bjȝ-p). Туриналъул сияхӀалда — Мерибиапен.
Анеджиб , Аджиб
7
Семсу (Iry?/Smsw?). Туриналъул сияхӀалда — Семсем.
Семерхет
8
КъибехӀ(у) (Qbḥ). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
КъагӀ
9–14 картуш
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
9
Беджау (Bḏȝ.w). Туриналъул сияхӀалда — Баунечер.
ХӀотепсехемуи ,
10
Какау (Kȝ-kȝ.w). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
Небра , Ранеб[ 2] , Kechoôs
11
Банечер (Bȝ-nṯr). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
Нинечер , Binothris
12
Ваджнес (Wȝḏns). Туриналъул сияхӀалда цӀар хун буго.
Венег , Ougotlas
13
Сенеди (Snd.j). Туриналъул сияхӀалда — Сенедж
Сенедж
14
Джаджаи (Ḏȝḏȝj). Туриналъул сияхӀалда — Бабти
Хасехемуи , Sesochris
Абидусалъул сияхӀалда гьечӀо II Наслуялъул ахиралъул цо-цо пиргӀавнал, жидеда гьоркьоб къец букӀун батизе бегьулел.
15–19 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
15
Небка (Nb-kȝ). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
Санахт , Necherophes
16
Джосер-Са (...-ḏsr-sȝ)[ 3] . Туриналъул сияхӀалда — Джосер
Джосер , ХӀор-нечери-хет Tosorthos
17
Тети (Ttj). Туриналъул сияхӀалда — Джосер-ти
Сехемхет , Tyreis
18
Седжес (Sḏṣ). Туриналъул сияхӀалда — ХӀуджефа.
Хаба , ХӀуджефа II, Sephuris
19
Неферкара (Nfr-kȝ Rˁ). Туриналъул сияхӀалда — ХӀуни.
ХӀуни , Mesochris
Седжес абулеб рагӀи ккола НекӀсияб Египеталъул къаламчагӀаз цӀар лъаларев пиргӀавнасул бакӀалда тӀокӀцӀар хӀисабалда хъвалеб букӀараб рагӀи, жиндир магӀнаги "гьечӀев", "гьоркьов тарав" абураб. Гьебго хӀисабалда цогидал Туриналъул ва Саккараялъул сияхӀазда хӀалтӀизабун буго ХӀуджифа абураб рагӀи.
20–25 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
20
Снеферу (Snfr-wj). Туриналъул сияхӀалда — Сенефер
Sôris
21
Хуфу (Ḫ(w)j.f w(j)). Туриналъул сияхӀалда цӀар гьечӀо.
Хеопс
22
Джедефра (Ḏd.f Rˁ). Туриналъул сияхӀалда цӀар гьечӀо.
Раджедеф, Ratoises
23
Хафра (Ḫʿj-f-Rʿ). Туриналъул сияхӀалда бащдаб цӀар гурони гьечӀо.
Хауфра, Chephren
24
Менкаура (Mn-kȝ.w-Rˁ). Туриналъул сияхӀалда цӀар гьечӀо.
Mykerinos
25
Шепсескаф (Špṣṣ-kȝ.f). Туриналъул сияхӀалда цӀар гьечӀо.
Serberchêres
26–33 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
26
Усиркаф (Wsr-kȝ-f). Туриналъул сияхӀалда цӀаралъул бащдаб тӀагӀараб буго.
Усиркара
27
СахӀура (Sȝḥ w Rˁ). Туриналъул сияхӀалда букӀараб цӀар тӀагӀун буго.
Небхау
28
Какаи (Kȝ-kȝ-j)
Нефериркара Какаи , Nephercheres (Νεφερχέρης)
29
Ранефереф (Неферефра) (Nfr.f Rˁ)
Неферефра , Cheres
30
Ниусирра (N.wsr Rˁ)
Ниусирра Ини
31
МинкаухӀор (Mn-kȝw-Ḥr)
МинкаухӀор Каиу , Mencheres
32
Джедкара (Ḏd-kȝ-Rˁ). Туриналъул сияхӀалда — Джед.
Джедкара Исеси , Tancheres
33
Унис (Wnjs). Гьабго цӀар буго Туриналъул сияхӀалдаги.
Унас , ХӀор-ваджи-тави, Onnos
28-б номералдаса хадув гьечӀо пиргӀавн Шепескара
34–39 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
34
Тети (Ttj)
Тети II, СихӀотеп-тауи
35
Усиркара (Wsr-kȝ-Rˁ)
36
Мерира (Mry Rˁ)
Пипи I , Мери-тауи
37
Меринра (Mry.n-Rˁ)
Немтиемсаф Меринра I
38
Неферкара (Nfr-kȝ-Rˁ)
Пипи II , Phiops II.
39
Меринра Саемсаф (Mr-n-Rˁ-Nmti-m-sȝ.f)
Немтиемсаф Меринра II
Лъеберал ичӀабилеб картушалдаса байбихьула кӀиабилеб кьер. ТӀоцебесеб хиси ккараб заманалъул VII наслуялъул цониги пиргӀавн рехсон гьечӀо сияхӀалда.
62–65 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
62
Хахеперра (Ḫˁ-ḫpr-Rˁ)
Сенусрет II
63
Хаикаура (Ḫˁj-kȝw-Rˁ)
Сенусрет III
64
Нимаатра (Nj-mˁȝt-Rˁ)
АменемхӀат III , Ammenemes, Lamares
65
Маахерура (Mȝˁ-ḫrw-Rˁ)
АменемхӀат IV , Ammenemes
66–74 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
66
НебпехӀтира (Nb-pḥtj-Rˁ)
АхӀмос I , Amosis
67
Джесеркара (Ḏsr-kȝ-Rˁ)
АменхӀотеп I , Amenopis
68
ГӀахеперкара (ˁȝ-ḫpr-kȝ-Rˁ)
Тутмос I
69
ГӀахеперинраа (ˁȝ-ḫpr-n-Rˁ)
Тутмос II
70
Менхеперра (Mn-ḫpr-Rˁ)
Тутмос III ТӀадегӀанав
71
ГӀахеперура (ˁȝ-ḫprw-Rˁ)
АменхӀотеп II , Amenopis II
72
Менхеперура (Mn-ḫprw-Rˁ)
Тутмос IV
73
Небмаатра (Nb-Mȝˁt-Rˁ)
АменхӀотеп III , Amenopis III
74
Джесерхеперура-Сетепенра (Ḏsr-ḫprw-Rˁ-stp-n-Rˁ)
ХӀоремхӀеб
75–76 картушал
№
Картуш
СияхӀалда бугеб цӀар (транслитерация)
Цойги цӀар/грек мацӀалда цӀар
75
МенпехӀтира (Mn-pḥtj-Rˁ)
Рамсес I , Menophres
76
Менмаатра (Mn-Mȝˁt-Rˁ)
Сети I , Sethos
Картушазул 3-б кьер буго сияхӀалъул графикияб ахир. Гьеб фризалда руго цохӀо I Сетил кӀиябго цӀаралъул (жиндирго ва тах цӀаралъул) картушал:
СияхӀалъул ахир
↑ Thomas Schneider: Lexikon der Pharaonen. Zürch 1994.
1 2 Rainer Stadelmann : Die ägyptischen Pyramiden. Vom Ziegelbau zum Weltwunder (= Kulturgeschichte der Antiken Welt . Band 30). 3., aktualisierte und erweiterte Auflage. Philipp von Zabern, Mainz 1997, ISBN 3-8053-1142-7 .
↑ СияхІалда бугеб цІаралъул тІоцебесеб иероглиф цІализе бажарулареб хІалалъ тІаса ун буго