Абидусалъул сияхӀ (Рамсес КӀудияв)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Абидосалъул сияхІ (Рамсес ТІадегІанав)» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Абидосалъул ханзабазул сияхІ II Рамсесил хІарамалдаса

Абидосалъул сияхІ яги Абидосалъул таблица — пиргІавназул цІаразул сияхІ, Рамсес ТІадегІанасесул хІарамалдаса. Гьединабго I Сетил хІарамалдаса сияхІалда релъараб, амма гьелдаса квеш цІунун хутІараб. Жакъа къоялъ цІунун буго Лондоналда Британиялъул музеялда, жиндие гьеб сияхІ 1837 соналъ щвараб.

СияхІ батана I Сетил хІарамалъул сияхІалдаса цебе Арабат-ал-Мафдун абулеб бакІалда, Нилалъул квегІаб рагІалда жиб бугеб. СияхІ къададаса батІа гьабуна Алискандериялда вукІарав паранс генералияв консул Жан Франсуа Мимоца (пар. Jean-François Mimaut).

Абидос шагьаралъул хІарамалда II Рамсесица гьабун буго хъвай-хъвагІи, жинца умумузе хІурмат гьабулеб. Киналго умумузул цІар букІун буго кІикъоялда анцІиде гІунтІун, амма гьезул хвечІого хутІун буго лъебергоялдаса цІикІкІинчІеб къадар; живго Рамсесил картушалъул буго 28 такрарлъи. Умумул сияхІалда рехсон руго тІаса рищун, гьелъие гІилла лъалаеб гьечІо, таблицаяялъул байбихьи хун буго. Умумл рехсолаго, XVIII Наслуялъул пиргІавназул цІараздаса гьел рехсей унеб буго XII Наслуялъул пиргІавназде, гьеб кІиябго наслуялъул хурхен гьабиялъул хІисабалда. Хадуб буго, жал дагьалги церегІан рукІарал, 14 пиргІавнасул картуш.

Таблицаялъ кумек гьабуна Жан-Франсуа Шампольоние XVIII Наслуялъулъул пиргІавназул тартиб гьабизе ва хадуб Карл Лепсиусие Аменемхет ва Сенусрет цІарал Манефоница рехсон бугеб XII Наслуялъул пиргІавналгун данде ккезаризе. Таблицаялъул кьучІаб хІалалда хал-шал гьабуна Шарл Теодюл Девериа (пар. Charles-Théodule Deveria) ва Эммануэль Руже (пар. Olivier-Charles-Camille-Emmanuel de Rougé) египтологаз.

Огюст Мариетица 1869–1880 саназ гьабураб Абидосалъул таблицадул реконструкция

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]