Перейти к содержанию

Эрдогъан, Ражаб ТӀайип

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ражаб ТIайип Эрдогъан
тур. Recep Tayyip Erdoğan
Ражаб ТIайип Эрдогъан
Байрахъ
Байрахъ
12-ев Турциялъул Президент
вищарав
Байрахъ
Байрахъ
 28 август 2014 сон
Цеве вукІарав: ГІабдуллагь Гюл
Байрахъ
Байрахъ
36-ев Турциялъул премьер-министр
Байрахъ
Байрахъ
14 март 2003 сон — 28 август 2014 сон
Президент: АхІмет Сезер
ГІабдуллагь Гюл
Цеве вукІарав: ГІабдуллагь Гюл
Хадув вачІарав: АхІмад Давудогълу
Байрахъ
Байрахъ
Истамбулалъул мэр
Байрахъ
Байрахъ
27 март 1994 соналъ — 6 ноябрь 1998 соналъ
Цеве вукІарав: Нуреттин Сёзен
Хадув вачІарав: ГІали Гуртуна
 
Дин: Ислам, суннияб мазгьабалъул
Гьави: 26.2.1954
Истамбул
Эмен: АхІмет Эрдогъан
Лъади: Эмине Эрдогъан
Лъимал: васал: АхІмет Буракъ ва Нежмеддин Билал
ясал: Эсра ва Сюмеййе
Миллат: туркав
Партия: РитІухълъиялъул ва ЦебетІеялъул Партия
Лъай: Мармара университет
Хъулухъ: Сиясатчи
 
Сайт: Recep Tayyip Erdoğan
 
Гъулбас: Гъулбас
 
Шапакъатал:
Халип:Меседил тІомол Орден (Гуржи) Орден «Нишан-е-Пакистан» Меседил цІумил орден
«Данакер» орден

Ражаб ТIайип Эрдогъан яги Реджеп ТIайип Эрдоган (тур. Recep Tayyip Erdoğan, 1954 c.) — Турциялъул премьер-министр (2003 соналдасан байбихьун), исламияб ритІухълъиялъул ва цебетІеялъул партиялъул цевехъан.

ГІолохъанал сонал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ражаб ТIайип Эрдогъан гьавуна 1954 соналъул 26 февралалъ истамбулалъул Бейоглу мухъалъул Къасымпаша абулеб бакІалда, чІегІер ралъдал рагІалда, ралъдал хъаравуласул хъизаналда. Турказул «Миллиет» абулеб казияталъул баяназда рекъон, жиндирго цо кІалъа-басаялда Эрдогъаница бицана, гьесул хъизан ГІачІаристаналдаса Ризеялде рачІарал ругоян. ГІолохъанлъуда гьес шагьаралъул хІинкъи гьечІел къватІазда рукІана лимонадал ва булкаби ричулев. 1965 соналъ Эрдогъаница лъугІизабуна Пийале Паша абулеб байбихьул школа ва 1973 соналъ Истамбулалда бугеб динияб имамзабазул ва хатІибзабазул лицей[1]. Эйюп абулеб лицеялда экзаменги кьун диплом щвана.

1976 соналъ гьев лъугьана Истамбулалъул Бейоглу абулеб мухъалда гІолохъанаб халкъияб хвасаргьабиялъул партиялъул председателлъун[1]. 1978 соналъ гьес лъадилъун ячана Эмине Гюльбаран. 1980 сон щвезегІан Эрдогъан хІалтІана истамбулалъул транспортазул организациязда. 1980 соналъул 12 сентябралъ пачалихъалда лъугьана рагъулаб инкъилаб ва киналниги сиясатиял партиял гьукъун рукІана. 1981 соналъ гьес лъугІизабуна Мармара Университеталъул икътисадалъул ва бича-хисиялъул гІелмабазул факультет.

1984 соналда Ражаб ТІайип Эрдогъан лъугьана Бейоглуялда лъикІлъиялъул партиялъул бутІаялъул председателлъун,ва 1985 соналъ — партиялъул истамбулалъул бутІаялъул председателлъун, гьединго партиялъул советалъул тІадегІанав гІахьалчилъун[1]. Гьесул сиясатиял балагьиязе кІудияб асар гьабуна «сиясатияб ислам» абулеб партия гІуцІцІарав Нежметтин Эрбаканица.

Сиясатияб хъулухъ

[хисизабизе | код хисизабизе]

1994 соналъ Истамбулалъул мэрлъун вищана. 1996 соналъ ЛъикІлъи гьабиялъул Партиялъ гІахьаллъи гьабуна исламияб цолъи гьабиялда, кинго рагъул инкъилабалдаса хадуб 1997 соналъ гьеб гьукъана, живго Эрдогъан 4 моцІги цІан туснахъ гьавуна, халкъазда гьоркьоб рагъ-муч багъаризабулеллъун хІукуматалъ рикІкІарал пикрабазе гІоло.

2001 соналъул июлалда Эрдогъаница гІуцІцІана РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия, 2002 соналъ парламенталъулал рищиязда жиб бергьараб. Туснахъ гьавун вукІиналъ Эрдогъание квал-квал гьабуна премьер-министрлъун вачІине, кинго ГІиракъалда данде рагъ байбихьидал, АЦШялдехун гьетІараб турказул тІадчагІаз изну кьуна пачалихъалъул аслиял законал хисизе ва гьелдалъун Эрдогъан вачІана правительствоялъул бетІералде. Турциялъ хІукму гьабуна жиндирго рагъул къуватал рехизе, аслияб куцалда курдаз гІумру гьабулеб ГІиракъалъул шималияб рахъалде. Эрдогъан ккола Турция Евроцолъиялде лъугьиналъул рахъ кколевлъун.

2009 соналъ гІахьаллъана Давосалда букІараб Дунялалъулго икътисадалъул данделъиялда, гьениб гьесде кутакалда гьужум гьабуна жугьутІазул президент ШимгІон Пересица, ФилистІиналда данде ГІизраилалъ гьабулеб рагъул рахъги ккун.[2].

КъватІисеб сиясат

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ a b c "Life story". AK Parti Official Web Site. Архивация оригинал (2012-03-02). Щвей 2008-08-29. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ "Перепалка между Пересом и Эрдоганом в Давосе". Архивация оригинал (2009-02-04). Щвей 2014-06-04. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)