Фюрер
- перенаправление Шаблон:Расмияб хъулухъ/Ингилис
Фю́рер (гер. Führer [fyːʁɐ] — «цевехъан», «бетІер») — Германиялда 1934—1945 саназда пачалихъалъул ва Национал-социализмалъулаб германиязул хІалтІухъабазулаб партиялъул (1921–1945) бетІерасул букІараб расмияб титул, ва гьединго цІаразулги ССалъул хъулхъазулги (штурмбаннфюрер, группенфюрер ва ц.). Аслияб къагІидаялъ Фюрер абула Адолф Гьитлерида, расмияб къагІидаялъ жиндир гьеб титул букІарав.
История
[хисизабизе | код хисизабизе]«Фюрер» титул щвана Гьитлерие 1934 соналъул 9 августалда, Веймар жумгьурияталъул рейхспрезидент Гинденбург хун хадуб. Къануналда рекъон, цІияб «Фюрерасул» ва рейхсканцлерасул хъулухъалъ жинда жаниб цолъизабуна президентасул ва канцлерасул хъулухъал, гьелдалъун Гьитлер лъугьана Германиялъул кинабниги хІакимлъи жиндихъ бугев бетІерлъун[1][2]. «Фюрерлъиялъул принцип» (гер. Führerprinzip) кибего тІибитІизабулеб букІана нацистияб партиялъ; гьелъул бищун машгьурал лозунгазул цояблъун букІана «Цо халкъ, цо пачалихъ, цо цевехъан» (гер. Ein Volk, ein Reich, ein Führer).
- ^ Thamer, Hans-Ulrich (2003). "Beginn der nationalsozialistischen Herrschaft (Teil 2)". Nationalsozialismus I (in немецкий). Bonn: Federal Agency for Civic Education. Архивация оригинал (2011-10-26). Щвей 4 October 2011.
President von Hindenburg died on August 2nd, 1934. The day before, the cabinet had approved a submission making Hitler his successor. The role of the president was to be dissolved and united with that of the chancellor under the title „Führer und Reichskanzler". However, this was in breach of the Enabling Act. (shortened & paraphrased)
{{cite web}}
: Check date values in:|accessdate=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Winkler, Heinrich August. "The German Catastrophe 1933-1945". Germany: The Long Road West vol. 2: 1933-1990. гьл. 38–39. ISBN 978-0199265985. Щвей 28 October 2011.
{{cite book}}
: Check date values in:|accessdate=
(help)CS1 maint: multiple names: authors list (link)