Знаменский килиса
Килиса | |||
Знаменский килиса
Собор во имя иконы Знамения Пресвятой Богородицы | |||
| |||
Пачалихъ | |||
Жумгьурият | Дагъистан | ||
Шагьар | Хасавюрт | ||
Мазгьаб | православие | ||
Епархия | МахІачхъалаялъул | ||
Благочиние | МахІачхъалаялъул | ||
Минаялъул тайпа | собор | ||
Архитектура | цІиябвизантиялъулаб | ||
Проект ургъарав | И. Рябинин | ||
Бай | 1903—1904 | ||
Статус |
| ||
[[:commons:Category: Church of the Theotokos of the Sign (Khasavyurt) Викигъамасалда|Знаменский килиса]] Викискладалда |
Зна́менский килиса (Мукъадасатай Богородицалъул Знамениялъул цӀаралда, гІур. Собор во имя иконы Знамения Пресвятой Богородицы) — Шималияб Кавказалда бищунго кӀудияб килиса ва ХХ гӀасруялъул маданияталъул зани. Архитектураялда неовизантий къагӀидаялъ бараб килиса буго.
Гьелъул приход ГӀурус православияб гьатӀаналъул МахӀачхъалаялъул епархиялъул МахӀачхъалаялъул благочиниялда гъорлъе уна. Килисаялъул настоятель — иерей Валерий Галкин.
Килиса буго Дагъистан Жумгьурияталъул Хасавюрт шагьаралъул бакьулъ Орджоникидзеил къватӀалда, 121 рукъ. Гьеб ккола шагьаралъул архитектураялъул доминанта. Килисаялъул къубал ва хъанчал рихьула шагьаралъул сверухълъиялдасан цин.
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Килиса бана Терикалъул хъазахъазул боялдасан ругел хъазахъаз 1903—1904 сонаца Романовазул рукъалъул 300-сон тӀубаялда.