Vibrio cholerae
Vibrio cholerae | |||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| |||||||||||||||
ГӀелмияб классификация | |||||||||||||||
|
|||||||||||||||
Халкъаздагьоркьосеб гӀелмияб цӀар | |||||||||||||||
Vibrio cholerae Pacini 1854 | |||||||||||||||
|
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 301: Функция для отображения значения не найдена..
Холераялъул вибрион (Латин: Vibrio cholerae) буго грам-негативиял факультативиял анаэробиял бактериязул цо навгӀ, жидер форма вибрионалъул, ай кӀичӀтӀанкӀалъул бугел.[1] Гьезул тӀабигӀияб рукӀелаб бакӀ буго бацӀцӀадаб яги цӀамгӀалаб лъелӀ, гьенир гьел бигьаго рекӀуна крабазул, каридеязул ва цогидал моллюскабазул хитиналъул панциразда. V. cholerae-ялъул цо-цо штаммал руго инсанасе патогениял, гьез лӀугьинабула хвалилаб унти — къавуда, жиб релъинаричӀел яги релъинчӀел ралъдал рухӀчӀаголъабазул гьан квиналдасан бахунеб.[2]
V. cholerae тӀоцебе сипатинабуна Феликс-АрхимедоПушеца 1849 соналъ протозаязул цо тайпа хӀисабалда. Филиппо Пачиница битӀун баян гьабуна гьеб бактерий хӀисабалда, ва гӀелмияб цӀарги щвана гьесдаса. Къавудаялъул гӀилла хӀисабалда гьеб бактерий рагьана Роберт Кохица 1884 соналъ. Самбху Натх Деца тӀоцебе щвезабуна холераялъул токсин ва гьеб сабаблъун унти лӀугьунеблъи чӀчӀезабуна 1959 соналъ.
Бактериялъул буго рачӀчӀел цояб полюсалда ва чанго расал къотӀеллъиялъул кинабго тӀасалъиялда. Гьел гьабула респираторияб ва ферментативияб метаболизм. КӀиго серогруппа, жидер цӀарал O1[3] ва O139[4] бугел, сабаблъун багъаруна къавуда. Инфектинаби лӀугьуна аслияб къагӀидаялъ бактериял рахараб гьекъолеб лъедасан, гьединлъидал хурхарабги буго санитациялда ва гьигиеналда. ЧорхолӀе ккедал, гьеб уна бакьазул мукозияб хъалалӀе, лӀугьинабула жиб бахарала гӀадамазе диарея ва лагӀдей 2–3 сагӀаталдаса щуго къоялде щун заман иналде. Пероралиял регьидратациониял журанжали ва антибиотикал, фторхинолонал ва тетрациклинал гӀадал, ккола къавуда сах гьабиялъул тӀиритӀарал методаллъун.
Холераялъул вибрионалъул буго кӀиго горлъараб ДНЦӀ. Цояб ДНЦӀ-ялъ продукатинабула холераялъул токсие (CT), протеин, жинца лӀугьинабулеб цӀикӀкӀараб лъимхӀалаб диарея ("пиринчӀалъул лъимгун стул" хӀисабалда лъалеб).[5] Амма ДНЦӀ-ялъ токсин битӀахъе кодинабуларо, щайгурелъул холераялъул токсиналъул ген босунинабула CTXphi-ялъ (CTXφ), рекъараб бактериофагалъ (вирус). Бактериалияб ДНЦӀ-ялъулӀе ккедал вирусалъ гьабула гӀицӀго токсин.
Биологиял хасиятал
[хисизабизе | код хисизабизе]V. cholerae гӀемерлъула планктоналъулӀ, жиб бацӀцӀадаб ва цӀамгӀалаб лъелӀ рукӀунел; гьелъул аслулъун гьединго ккола унтарал ва бактериял гъорлӀ ругел гӀадамал.[6][7][8] V. cholerae бактериялъул геном гӀуцӀараб буго кӀиго хромосомаялдаса, тӀоцебеселъул роцен буго 2961149 п.н., гьелъул буго 2770 рикӀкӀиналъулаб рагьараб гӀурхъи, кӀиабилелъул роцен буго 1072315 п.н., гьелъулӀ буго 1115 рикӀкӀиналъулаб рагьараб гӀурхъи.[9]
Морфология
[хисизабизе | код хисизабизе]Грамнегативияб вибрионалъул буго гӀочӀол формаги 1,5–4 × 0,2–0,4 мкм роценги бугел, рачӀтӀанкӀалъухъего гьетӀарал. Багъа-бачарула, буго монотрихиалго рекъон лъураб рачӀчӀел. ЛӀугьинаруларо спораби ва капсулаби.
Культуралиял хасиятал
[хисизабизе | код хисизабизе]Ккола Хемоорганогетеротрофлъун, факультативияб анаэроблъун. ГӀемерлъула гӀадатал регьенал сверухълъиялъулӀ, гъункарал регьенал сверухълъиязулӀ лӀугьинарула гуринал, токӀкӀарал, хъахӀилккарал колониял, жидер загӀипабгоопалесцентлъи бугел, лъамаял регьенал сверухълъиязулӀ — дагьабго хӀабургъин ва хъал. ГӀола алкалияб агаралда (элективияб сверухълъи), TCBS-агаралда (регьенаб агар, цадахъ натриялъул тиосульфатгт, цитратги, бромтимолалъулаб хъахӀилабги, сахарозаги ругел — дифференциалиябин диагностическияб сверухълъи V. cholerae-ялъе) гӀола чӀепарал, 2–3 мм диаметралда ругел тӀогьилал колониял гӀадин.[10][11] Гьабула протеазаби, утилизатинарула карбогьидратал — лактоза, глюкоза, мальтоза, маннит ва сахароза, лӀугьинабула индол, продукатинабула индофенолоксидаза, декарбоксилизатинабулализин ва орнитин, лӀугьинабула сульфогьидрат.
Антигениял хасиятал
[хисизабизе | код хисизабизе]V. cholerae бактериялъул буго соматикияб О-антиген ва рачӀчӀелалъул H-антиген (цо-цояз гьединго батӀагьабула капсуларияб К-антиген). О-антигеналъул гӀуцӀиялда рекъон гьеб гьоркьбикьула 155 серогруппаялде. О1 серогруппаялъул[12] (биовары cholerae и eltor) и серогруппы О139[13][14] V. cholerae буго къавуда баккизабунжолъун. ТӀоцебесеб серогруппаялъулӀе кколарел патогениял-гурел ва шартӀиял патогениял V. cholerae-язда абула «АГГь-вибрионал»–илан (О1 антигеналъеагглютинация гьабулареб риди). О1 сероруппаялда жаниб, А-, В-, и С-субцобутӀабазул цадахъккеялда рекъон, батӀагьабула 3 серотайпа: Огава (АВ), Инаба (АС) ва Гикошима (АВС)[15]. Ахирисеб серотайпа буго кӀиябго цебеселда гьоркьохъеб; гӀемерисез гьеб букӀинго рикӀкӀунеб гьечӀо.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Laboratory Methods for the Diagnosis of Vibrio cholerae" (PDF). Centre for Disease Control. Щвей 29 October 2013.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
(help) - ^ Lutz, Carla; Erken, Martina; Noorian, Parisa; Sun, Shuyang; McDougald, Diane (2013). "Environmental reservoirs and mechanisms of persistence of Vibrio cholerae". Frontiers in Microbiology. 4: 375. doi:10.3389/fmicb.2013.00375. ISSN 1664-302X. PMC 3863721. PMID 24379807.
{{cite journal}}
: CS1 maint: unflagged free DOI (link) - ^ NCBI: Vibrio cholerae O1 (serogroup)
- ^ NCBI: Vibrio cholerae O139 (serogroup)
- ^ Harris, Jason B.; LaRocque, Regina C.; Qadri, Firdausi; Ryan, Edward T.; Calderwood, Stephen B. (2012). "Cholera". Lancet. 379 (9835): 2466–2476. doi:10.1016/S0140-6736(12)60436-X. PMC 3761070. PMID 22748592.
- ^ Faruque S. M., Albert M. J., Mekalanos J. J. 1998. Epidemiology, genetics, and ecology of toxigenic Vibrio cholerae. Microbiol Mol Biol Rev. 62(4): 1301—1314.
- ^ Faruque S. M., Nair G. B. 2002. Molecular ecology of toxigenic Vibrio cholerae. Microbiol Immunol. 46(2): 59–66.
- ^ Phytoplankton-linked viable non-culturable Vibrio cholerae O1 (VNC) from rivers in Tucuman, Argentina — Seeligmann et al. 30 (4): 367 — Journal of Plankton Research
- ^ Trucksis M., Michalski J., Deng Y. K., Kaper J. B. 1998. The Vibrio cholerae genome contains two unique circular chromosomes. Proc. Natl Acad. Sci. USA 95: 14464—14469.
- ^ "Архивированная копия". Архивация оригинал (2008-06-26). Щвей 2008-08-10.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ https://web.archive.org/web/20090711025633/http://www.bd.com/ds/technicalCenter/inserts/TCBS_Agar.pdf
- ^ "Status 404" (PDF). Архивация оригинал (PDF) (2010-06-15). Щвей 2022-02-06.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Diarrhoeal outbreak of Vibrio cholerae 0139 from North India — Gomber — 2008 — Acta Pædiatrica — Wiley Online Library (хвараб регӀел)Халип:Недоступная ссылка
- ^ Characterization of a Cholera Toxin Gene-Negative Clinical Strain of Vibrio cholerae O139 Bengal — Singh et al. 42 (3): 1381 — Journal of Clinical Microbiology
- ^ Халип:БМЭ3
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Copepods and cholera in untreated water
- Vibrio cholerae El Tor N16961 Genome Page
- [hmepage]
- Type strain of Vibrio cholerae at BacDive - the Bacterial Diversity Metadatabase
- Страницы с ошибками скриптов
- CS1 errors: dates
- CS1 maint: unflagged free DOI
- CS1 errors: unsupported parameter
- CS1 errors: invalid parameter value
- Википедия:ХӀалтӀуларел регӀелалгун гьумерал
- Бактериял алипалда рекъон
- Макъалаби Латин-мацӀаб текстгун
- Pages using Lang-xx templates
- Articles with GND identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Articles with BNF identifiers
- Articles with LCCN identifiers
- Articles with MA identifiers
- Вибрионал
- Грам-негативиял бактериял
- Холера
- 1854 соналъ сипатинарурал бактериял