Шарам аш-Шайх (аэропорт)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Халкъаздагьоркьосеб аэропорт Шарам аш-Шайх
مطار شرم الشيخ الدولي
IATA код: SSHICAO код: HESH
МагІлумат
Пачалихъ Египет
Икълим Шарам аш-Шайх
Тайпа гІадамал роржунеб
Ралъдал уровеналдаса борхалъи +45 м.
Координатал
SSH (Египет)
ТӀанкӀ
SSH
БакІалъул заман UTC +2
ХІалтІулеб заман сордо-къоялъ
Веб-сайт airport-sharm-el-sheikh.ru
Роржунел-чІолел мухъал (РЧМ)
Номер Размерал Бахчи
04L/22R 3,081 асфальт
04R/22L 3,081 асфальт
Статистика (2009)
ГІадамазул
къадар (лъагІел)
7,758,859 чи

Шарам аш-Шайх — Египеталъул гьебго цІаралъул шагьар-курорталда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт — Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялда бищун кІудияб аэропорт.

ГІаммаб характеристика[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьана 1968 соналъул 14 маялъ. Аслуялда гьеб бан букІана ва цодагьаб заманаялъ хІалтІизабун букІана ГІизраилалъул РГЬКЪ-ялъул хъулухъал тІуразе, ва гьеб мехалда гьелда цІар букІанаХалкъаздагьоркьосеб аэропорт Офира абун, гьебги букІана гьанже Шарам аш-Шайх бугеб ракьалде абулеб гІизраилалъул цІар. Кэмп-Дэвидалъул къотІи-къаяздаса хадуб, гьеб мухъалда букІараб кинабго ракьгун цадахъ, аэропортги бачІана Египеталъул кверщаликье.

Аэропорт буго Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялъул къиблаялб рахъалъул аххалъуда, шагьаралъул гІурхъиялда жанибхун.

Рорженал ва гІодор чІеял гьарула аэропорталда ругел 3-километраялъул кІиго чІолоялъул цоялда, къиблаябгун-бакътІерхьул яги севериябгун-бакъбаккул рахъаздехун.

Аэропрталда ругел ишараби хъван руго гІараб, ингилис ва гІурус мацІазда. Гьединго СНГ-ялъул пачалихъазде унел рейсазда бицунеб мацІги букІуна гІурус мацІ.

Аэропорталда буго кІиго халкъаздагьоркьосел терминалал (Terminal 1 & Terminal 2), VIP-зона, Duty Free тукаби, банказул отделениял, гІемерал кафе ва тукаби, гьединго туризмаялъул операторазул ва авиакомпаниязул вакиллъабиги.

ГІорхъи чІвай гьечІого киналниги самолётазул киналго тайпаби къабул гьабизе рес буго аэропорталъул.

Цо къойида жаниб аэропорталда къватІибе биччазе кІола — 50-го ялде щвезегІан самолет.

Халкъаздагьоркьосеб гІуж — SSH.

Почалъул адрес — Sharm el Sheikh Airport, Ras Nasrani, Egypt

2014 соналъул 1 июналдаса байбихьун Египеталъул тІалъиялъ аэропорталда чІей гьабурал киналниги туристазухъ босулеб буго 7$-лъул багьаяб цІияб магъало. [1].

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]