Шанагу
Внешний вид
Шанагу (гуржи: შენაქო, Шенако) ккола Гуржистаналъул КӀахети вилаяталъул ХӀамитӀа муниципалитеталъул росу. Шанагу буго Тушети икълималда, Пирикител Алазан ва Тушет Алазан гӀорал жубан ГӀандигӀор лӀугьунеб бакӀалдаса рикӀкӀад гьечӀого,[1] ралъдал гьумералдаса 2080 метралъ борхалъуда. Муниципалитеталъул марказ ХӀамитӀа шагьаралде манзил буго 100 км.
Шанагу росу буго тарихияб географияб мугӀрузулаб икълим Тушетиялда, Гуржистаналъул шималиябгин бакъбаккуда. Гьеб икълим бихьизабун буго ЮНЕСКОялъул дунялалъул ирсалъул сияхӀалде бачиналъе.[2]
Галерея
[хисизабизе | код хисизабизе]-
Шанагу росдал ва килисаялъул гӀаммаб сурат -
Мукъаддасав Грегорил килиса (1843) -
Шанагу росу
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Койсу Андийское // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
- ^ "Mta-Tusheti — UNESCO World Heritage Centre". Архивация оригинал (2019-09-13). Щвей 2015-12-23.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help); no-break space character in|title=
at position 12 (help)