Хъерукь

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хъе́рукь (Starling: q:éru-ƛ̣:, гIур. Херутль) – Щугъи-магIарда гъоркь бугеб бакI.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

ЛIугьана хъе́ру «кIудияб кьурулIа яги магIарда бугеб гамачI; щобил къед» абураб рагIудасан, нахъа кь-локативги («гIодоб, гъоркьа») рекIинабун. МагIна ккола «хъе́руганчIикьа кколеб бакI».

Сипат-сурат[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъе́рукь бакI ккола гендерил Цимади бакIалда, Щугъи-могIрол бакьулIеб кьуру́къед. Хъерукь буго ризаб жубараб рохь. Гьенире рахуна Иргьанс-Нухаздасанги, Цимадире унеб нухдасанги. Цебегоялдаса нахъе гендерица гьениса бачуна иццулъим. Гьанже гьелъа лъалъала ГъеникӀкӀалахъ ругел ахал цо чанго (гIемерисел цIолбоахал). ХутIаралщинал ахал лъалъазе гьеб лъим гIоларо, гьединлъидал гендерица хIалтIизабула цо Цимадисан чвахулеб бугеб лъарал лъеца цIезабураб хIор, цинги Авар-гIорухъан насосалъ кьабараб лъимги.

Хъерукь ратулаанила цере цил лъалкIал, гьединлъидал гьаниса чанахъаби хехго къватIире рахъунаанила гьеб гIодоблъезе. Цебегоялдаса нахъе гендерие цияз гIакъуба кьолеб гьечIо.