Перейти к содержанию

Христианлъи Дагъистаналда

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Знаменский собор (Хасавюрт)

Дагъистаналда христианлъи тӀобитӀиялъул тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналда христианлъиялъул гӀезегӀан халатаб тарих буго. Гьаниб христианлъи баккана Киевалъул Русалдасаги цебе, ва баккаралдаса нахъе къинеан гьелъ гьанир тӀолго этапал тана — бакки, тӀобитӀи, бакӀалъулал христианлъиялъул централ ракки, тӀубанго тӀагӀи.

Дагъистаналда христианлъи бакки ва гьелъул тӀобитӀи ва цебетӀей бикьизе бегьула чанго заманалъул бутӀаялда: н. э. XIV гӀасру, XVIII гӀасру — XX-абилеб гӀасруялъул байбихьи, советияб заман ва 1980 соназдаса хадуб малъун гьанжесеб заман.

Байбиъиялъул заман[хисизабизе | код хисизабизе]

Нилъер эраялъул тӀоцересел гӀасрабаздаса байбихьун ва XV гӀасруялда щун батӀи-батӀиял гӀаркьалабазул христианлъи Дагъистаналда тӀокӀалъчӀечӀого тӀобитӀулеб букӀана.

XVIII — XX гӀасруялъул байбихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналда христианлъи тӀобитӀиялъул цӀияб гӀасру байбихьула гьеб Россялда гъорлъ араб мехалъ. Гьеб заманалъ гьанир гочизарулел рукӀана цогидал губернияздаса христианал. ТӀоцересел гочараллъунги рукӀана хъазахъал, жал гочун хадур Терек ва Сулахъ гӀоразул рагӀалда чӀарал. Гьединго гьанир армянал ва гуржиял гочулел рукӀана.

Советияб заман[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналда гъорлъ цере Терекалъул областалда гъорлъ унел Кизляралъул ва Хасавюрталъул округал рачараб мехалъ христианазул къадар гьаниб цӀакъго цӀикӀкӀана.

Цогидал бакӀазда гӀадин гьатӀанал кьвагӀьизарулел рукӀана, гьезда гьоркьоса ккола:

Александр Невскиясул собор

Жакъасеб хӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГьатӀанал ва тӀадрачӀинал[хисизабизе | код хисизабизе]

Православие[хисизабизе | код хисизабизе]

МахӀачхъалаялъул благочиние[хисизабизе | код хисизабизе]
Кизляралъул благочиние[хисизабизе | код хисизабизе]

Протестантиял жамагӀатал[хисизабизе | код хисизабизе]

Протестантиял жамагӀатал Дагъистаналда раккана XX гӀасруялда. Гьезул тӀоцересел вакилзабилъун рукӀана баптистал, адвентистал ва лютеранал (Шенфельд). Совет хӀукуматалъул заманалъ жидеда къо бихьаниги гьел кирениги инчӀо ва гьанжеги хӀалтӀулел руго. Республикаялда бугеб протестантиял жамагӀатазе гӀумру-яшав захӀмат гьабулеб буго хӀукуматалъ ва экстремистаз. Гьедин, 2010 соналъул 15 июлалъ МахӀачхъалаялда тункӀица речӀун хвана пастор — пятидесятник Артур Сулейманов[1].

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Артур Сулейманов и христианское просвещение народов Дагестана". Архивация оригиналалдаса (2018-04-11). Халагьи 2018-04-10.

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]