Перейти к содержанию

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихӀа Гёкчен

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихӀа Гёкчен
Sabiha Gökçen Havalimanı
IATA код: SAW — ICAO код: LTFJ
МагІлумат
Пачалихъ Турция
Икълим Истамбул
Тайпа гӀадамал роржунеб
Эксплуатант Limak-GMR-MAHB Consortium
Гьенир чІарал авиакомпаняиби
Ралъдал уровеналдаса борхалъи +95 м.
Координатал 40°53′54″N 29°18′33″E / 40.89833°N 29.30917°E / 40.89833; 29.30917
Ошибка Lua в Модуль:Location_map на строке 526: Unable to find the specified location map definition: "Module:Location map/data/Турция" does not exist.
БакІалъул заман UTC +2
ХІалтІулеб заман сордо-къоялъ
Веб-сайт www.sabihagokcen.aero
Роржунел-чІолел мухъал (РЧМ)
Номер Размерал Бахчи
6/24 3000 бетон
Статистика (2012)
ГӀадамазул
къадар (лъагӀел)
↗ 14 487 242 чи

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихӀа Гёкчен (тур. Sabiha Gökçen Uluslararası Havalimanı) (IATA: SAW, ICAO: LTFJ) — Туркиялъул Истамбул шагьаралда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт. Аэропорталъе кьун буго Туркиялда тӀоцее рагъул пилотлъун яхъарай чӀужугӀадан СабихӀа Гёкченил цӀар. Ататюрк аэропорталда сапар гьабулезул къадар цӀикӀкӀиндал, гьениб хӀалтӀи бигьалъиялъул мурадалда бана СабихӀа Гекченил цӀаралда бугеб аэропорт. Гьеб ккола Европалъул бищун хӀалуцарал аэропотазул цояблъун.

Аэропорт буго Истамбулалъул азиялъул рахъалда, шагьаралъул централдаса 35 километралъ жанубиябгун-бакъбаккул рахъалдехун.

СабихӀа Гёкчен аэропорт ккола — порт приписки бюджеталъулаб Pegasus Airlines авиакомпаниялъ хъвай-хъвагӀай гьабураб, гьелъул аслияб чӀейи гьабулеб портлъун .

2007 соналъул июналъ, «Turkish conglomerate Limak», «India's GMR group» ва «Malaysia Airport Holding Berhad» компаниязе изну щвана ва гьезулгун къотӀи-къай хъвай ккана, аэропорт къачӀазе ва гьелъул хӀал лъикӀалдехун сверизабизе. 2008 сон бакьулӀ щвараб мехалда байбихьана халкъалдагьоркьосеб терминал гӀатӀид гьабиялъул хӀалтӀаби, цӀияб терминалин абуни гьеб бана 2009 соналъ.

СабихӀа Гёкченил цӀаралда бугеб аэропорталда буго кӀиго кӀудияб гуреб терминал. 2009 соналъу 31 октябрялъ рагьана цӀияб терминал, 200 000 кв. метр площадь бугеб ва 16 гьаваялъул кьояздалъун къачӀараб. Терминалалъул квегӀаб бутӀаялда гьабун буго жанисел рейсазул терминал ва квараналда буго къватӀисел рейсазул терминал. Роржун рачӀарал пассажирал къватӀире рачӀуна тӀоцебесеб тӀалаялдасан ва роржине пассажирал уна кӀиабилеб тӀалаялдасан. [1].

РекӀунезул рикӀкӀен

[хисизабизе | код хисизабизе]
Роржунеб рахъ
Файл:СабихӀа Гёкчен аэропорт.png
Pegasus Airlines авиакомпаниялъул самолетал
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихӀа Гёкченалъул рекӀунезул рикӀкӀен
ЛъагӀел (моцӀал)* Жанисел %-зулӀ хиса-баси Халкъалдагьоркьосел %-зулӀ хиса-баси Кинниги %-зулӀ хиса-баси
2012 (киналго) 9,486,469 ↗ 9,0% 5,000,773 ↗ 13,0% 14,487,242 ↗ 10,0%
2011 (киналго) 8,704,249 ↗ 16.2% 4,420,421 ↗ 19.5% 13,124,670 ↗ 17.3%
2010 (киналго) 7,435,158 ↗ 65.0% 3,694,314 ↗ 84.0% 11,129,472 ↗ 71.0%
2009 (киналго) 4,547,673 ↗63.0% 2,092,285 ↗33.4% 6,639,958 ↗52.3%
2008 (киналго) 2,764,856 ↗9.3% 1,516,337 ↗27.2% 4,281,193 ↗15.1%
2007 (киналго) 2,528,549 ↗17.4% 1,191,946 ↗56.2% 3,720,495 ↗27.6%
2006 (киналго) 2,153,561 ↗284.7% 762,893 ↗65.9% 2,916,454 ↗186.0%
2005 (киналго) 559,824 ↗5,323.1% 459,922 ↗95.5% 1,019,746 ↗315.2%
2004 (киналго) 10,323 ↗265.3% 235,278 ↗52.3% 245,601 ↗56.3%
2003 (киналго) 2,826 – 154,346 – 157,172 –

(*)Баянал росана: DHMI.gov.tr[2]


Аэропорталъул минаялда аскӀоб транспорт

Шагьаралъул № E10 автобусал уна Къадикей районалде[3]. Нухда бала 40 минут (экспрессалъ) ва 1 сагӀат (гӀадатияб автобусалъ). Автобусал къватӀире рахъуна щибаб 10-40 минуталдасан. Автобусы компании «Havataş» компаниялъул автобусаз рейсал гьарула авэропорталдаса Къадикей районалде[4], багьа 8 лир (май 2013) ва Такъсим районалде[5], багьа 13 лир (май 2013). ГӀарац бакӀарула автобусалда жаниб контролерас - компаниялъул хӀалтӀухъанас, рекӀине изну бугоян абурат талонги нилъехъе кьун. Къадикей районалдаса Истамбулалъул доб цояб ралъдал рагӀалде рекӀине ккола гамида, шагьаралъул центералде ине кканани.

ЦӀале гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]


  1. ↑ Аэропорт Стамбула Сабихи Гекчен
  2. ↑ Statistics. Dhmi.gov.tr. Retrieved on 2012-08-09.
  3. ↑ "Как добраться до города". Архивация оригинал, 2013-08-09. Щвей 2014-08-05.
  4. ↑ "Kadiköy — Sabiha Gökçen havalimanı". Архивация оригинал, 2013-02-16. Щвей 2014-08-05. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 8 (help)
  5. ↑ "Taksim — Sabiha Gökçen havalimanı". Архивация оригинал, 2013-02-16. Щвей 2014-08-05. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 7 (help)