Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихӀа Гёкчен

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен
Sabiha Gökçen Havalimanı
IATA код: SAWICAO код: LTFJ
МагІлумат
Пачалихъ Турция
Икълим Истамбул
Тайпа гІадамал роржунеб
Эксплуатант Limak-GMR-MAHB Consortium
Гьенир чІарал авиакомпаняиби
Ралъдал уровеналдаса борхалъи +95 м.
Координатал 40°53′54″ ш. гӀ. 29°18′33″ бб. х.HGЯO
Турция: жеги гьечӀо позиционияб карта.
БакІалъул заман UTC +2
ХІалтІулеб заман сордо-къоялъ
Веб-сайт www.sabihagokcen.aero
Роржунел-чІолел мухъал (РЧМ)
Номер Размерал Бахчи
6/24 3000 бетон
Статистика (2012)
ГІадамазул
къадар (лъагІел)
14 487 242 чи

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен (тур. Sabiha Gökçen Uluslararası Havalimanı) (IATA: SAW, ICAO: LTFJ) — Туркиялъул Истамбул шагьаралда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт. Аэропорталъе кьун буго Туркиялда тІоцее рагъул пилотлъун яхъарай чІужугІадан СабихІа Гёкченил цІар. Ататюрк аэропорталда сапар гьабулезул къадар цІикІкІиндал, гьениб хІалтІи бигьалъиялъул мурадалда бана СабихІа Гекченил цІаралда бугеб аэропорт. Гьеб ккола Европалъул бищун хІалуцарал аэропотазул цояблъун.

Аэропорт буго Истамбулалъул азиялъул рахъалда, шагьаралъул централдаса 35 километралъ жанубиябгун-бакъбаккул рахъалдехун.

СабихІа Гёкчен аэропорт ккола — порт приписки бюджеталъулаб Pegasus Airlines авиакомпаниялъ хъвай-хъвагІай гьабураб, гьелъул аслияб чІейи гьабулеб портлъун .

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

2007 соналъул июналъ, «Turkish conglomerate Limak», «India's GMR group» ва «Malaysia Airport Holding Berhad» компаниязе изну щвана ва гьезулгун къотІи-къай хъвай ккана, аэропорт къачІазе ва гьелъул хІал лъикІалдехун сверизабизе. 2008 сон бакьулъ щвараб мехалда байбихьана халкъалдагьоркьосеб терминал гІатІид гьабиялъул хІалтІаби, цІияб терминалин абуни гьеб бана 2009 соналъ.

Терминалал[хисизабизе | код хисизабизе]

СабихІа Гёкченил цІаралда бугеб аэропорталда буго кІиго кІудияб гуреб терминал. 2009 соналъу 31 октябрялъ рагьана цІияб терминал, 200 000 кв. метр площадь бугеб ва 16 гьаваялъул кьояздалъун къачІараб. Терминалалъул квегІаб бутІаялда гьабун буго жанисел рейсазул терминал ва квараналда буго къватІисел рейсазул терминал. Роржун рачІарал пассажирал къватІире рачІуна тІоцебесеб тІалаялдасан ва роржине пассажирал уна кІиабилеб тІалаялдасан. [1].

РекІунезул рикІкІен[хисизабизе | код хисизабизе]

Роржунеб рахъ
Pegasus Airlines авиакомпаниялъул самолетал
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкченалъул рекІунезул рикІкІен
ЛъагІел (моцІал)* Жанисел %-зулъ хиса-баси Халкъалдагьоркьосел %-зулъ хиса-баси Кинниги %-зулъ хиса-баси
2012 (киналго) 9,486,469 9,0% 5,000,773 13,0% 14,487,242 10,0%
2011 (киналго) 8,704,249 16.2% 4,420,421 19.5% 13,124,670 17.3%
2010 (киналго) 7,435,158 65.0% 3,694,314 84.0% 11,129,472 71.0%
2009 (киналго) 4,547,673 63.0% 2,092,285 33.4% 6,639,958 52.3%
2008 (киналго) 2,764,856 9.3% 1,516,337 27.2% 4,281,193 15.1%
2007 (киналго) 2,528,549 17.4% 1,191,946 56.2% 3,720,495 27.6%
2006 (киналго) 2,153,561 284.7% 762,893 65.9% 2,916,454 186.0%
2005 (киналго) 559,824 5,323.1% 459,922 95.5% 1,019,746 315.2%
2004 (киналго) 10,323 265.3% 235,278 52.3% 245,601 56.3%
2003 (киналго) 2,826 154,346 157,172

(*)Баянал росана: DHMI.gov.tr[2]


Транспорт[хисизабизе | код хисизабизе]

Аэропорталъул минаялда аскІоб транспорт

Шагьаралъул № E10 автобусал уна Къадикей районалде[3]. Нухда бала 40 минут (экспрессалъ) ва 1 сагІат (гІадатияб автобусалъ). Автобусал къватІире рахъуна щибаб 10-40 минуталдасан. Автобусы компании «Havataş» компаниялъул автобусаз рейсал гьарула авэропорталдаса Къадикей районалде[4], багьа 8 лир (май 2013) ва Такъсим районалде[5], багьа 13 лир (май 2013). ГІарац бакІарула автобусалда жаниб контролерас - компаниялъул хІалтІухъанас, рекІине изну бугоян абурат талонги нилъехъе кьун. Къадикей районалдаса Истамбулалъул доб цояб ралъдал рагІалде рекІине ккола гамида, шагьаралъул центералде ине кканани.

ЦІале гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]


ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Аэропорт Стамбула Сабихи Гекчен
  2. Statistics. Dhmi.gov.tr. Retrieved on 2012-08-09.
  3. Как добраться до города
  4. "Kadiköy — Sabiha Gökçen havalimanı". Архивация оригинал (2013-02-16). Халагьи 2014-08-05. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки); no-break space character in |title= at position 8 (квеки)
  5. "Taksim — Sabiha Gökçen havalimanı". Архивация оригинал (2013-02-16). Халагьи 2014-08-05. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки); no-break space character in |title= at position 7 (квеки)


Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]