Халип:Аннотация/Как

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Къагьиралда как бала. 1865 cон
Къагьиралда как бала. 1865 cон

Как (гІар. صلاة‎‎‎) - ккола Исламалъул кӀиабилеб рукну (как бай).

Шагьадат тӀубан хадуб Исламалъул кӀиабилеб рукну буго как бай. Как абула рагӀабаздасаги, гӀамалаздасаги данде гьабураб, нияталдалъун байбихьулеб, салам кьеялдалъун лъугӀулеб Аллагьасе гьабулеб хассаб гӀибадаталда.

Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурхӀаял, как баялдаги, жамагӀат гьабиялдаги тӀад чӀей буго киналниги лъикӀлъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат гӀемерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.

Аллагьасдаса хӀинкъи (такъва) щола гьел каказда тӀад чӀей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе чӀвала къабихӀал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.