Хадижа бинт Хувайлид

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хадижа бинт Хувайлид
гІараб хатІалъ Хадижатил цІар
Муъминзабазул эбел, яцІцІадай, Гьиндил эбел
Гьав(й)и 68 гь.ц. 556 сон, Макка
Хвел 3 гь.ц. 620 сон

, Макка

КІодо гьаюла Исламалда: агьлу сунна вал жамагІаялъ
Юкъун йиго ал-МугІалла хобал
Насаб эмен: Хувайлид ибну Аслам
рос: МухІаммад авараг Mohamed peace be upon him.svg
Аварагасул руччаби
гІар. أمهات المؤمنين
Муъминзабазул улбул — (Уммагьат-аль-Муъмини́н)

Муъминзабазул улбул

Хадижа бинт Хувайлид (гӀар. خديجة بنت خويلد‎‎; 555619, Макка) — МухІаммад аварагасул Mohamed peace be upon him.svg тIоцеесей ва хвезегIан жинда тIаде гIадан ячинчIей чIужу. Гьей йикIана бечедай къоролайлъун (гьелъие бечедлъи хутIун букIана хварав росасдасан), борхатаб лагаялъул, гІакъилай, хъахІаб кьералъул, кутакалда берцинай, беркъай гьечIей гIадан. Авараггун Mohamed peace be upon him.svg дандечIвазегIан гьелъ тIокIав бихьинчи къабул гьавичIо. Гьелъул букIана мукъсанлъи гьечIеб хасият. Гьей хваралдаса хадуб, аварагасул Mohamed peace be upon him.svg цонигияй лъадиялда кIвечIо гьелъ ккураб бакI аварагасул Mohamed peace be upon him.svg рекIелъ кквезе.

«Жиндир заманаялда гьаб дунялалда бищун цIакъай гIадан йикIана ГІимранил яс Марйам, гьаб умматалъул бищун цIакъай гІадан йиго Хадижа»

== Авараггун Mohamed peace be upon him.svg данде чIвалалда цебесеб гIумру ==

Аварагасе Mohamed peace be upon him.svg лъадилъун иналда цее Хадижа йикIана Бану Усайд тухумалдаса Абу Гьала ибну Маликил лъадилъун, гьесие гьавуна вас Гьинд ибну Абу Гьала ва яс Зайнаб бинт Абу Гьала. Абу Гьалада цеве гьелъул рослъун вукIана ГІатикъ ибн ГІабид ва гьесиеги гьаруна васги ясги, ГІабдуллагь ва Жария. Жиндаса Аллагь разилъаялъ кидаго квер чIвалаан гIагарлъиялда, кумек гьабулаан мискиназе, ва хъизан ячине ресалда гьечIезе гьелъие квер бакъулаан. Гьей гьарун гIемерал жодор къадру-къимат бугел, тIубараб ГІарабазул бащадабчІинкІиллъиялдаго цIар тIобитIарал бечедал гIадамал рачIун рукIана, амма гьелъ киназего инкар гьабуна.

Жиндилъ рукIарал лъикIал хасиятал сабаблъун Хадижатие щвана хадусе цIарал:

  • Къурайшиязул "шагьасул яс"
  • АтІ-ТІагьира — (гӀар. الطاهرة‎‎) Бищун яцІцІадай
  • Аль-Кубра — (гӀар. الكبرى‎‎) КІудияй.[1]

== Аварагасулгун Mohamed peace be upon him.svg лъай-хъвай гьаби ва гьесие Mohamed peace be upon him.svg ин ==


Семейная жизнь[хисизабизе | код хисизабизе]

Хадижаца аварагасе Mohamed peace be upon him.svg гьаруна анлъго лъимер:

Киналго васал хвана лъимерлъуда яги гIолохъанаб гIумруялдаго, киналго ясалин абуни хутIана аварагасухъе Mohamed peace be upon him.svg авараглъи кьезегIан, кинацаго Ислам босана ва Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна. Гьел киналго хвана авараг Mohamed peace be upon him.svg хвелалдего.


ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Ибну Гьишам «МухІаммад аварагасул сира», аль-БакъкъагIиясул ва Ибну ИсхІакъ аль-МутІтІалибиясул рагIабаздасан бицараб (VIII гIасруялъул тIоцебесеб бащадлъи)

Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]