Сордо

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Сордо́ (романизация: sordó, гьединго къас̄и́мех̄) — сверухъ бецӀго бугеб гӀуж, щибаб 24-гӀужаб мехалида къаси бакъ тӀерхьиналдаса радал баккизегӀан гьоркьоб букӀунеб; бакъ гьоризонталдаса гъоркьехун бугеб мех.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Сордó (эрг. сарди́ца, ген. сарди́л, пл. сарда́л) буго сор- кьолбодаса ва -до суффиксалдаса гӀуцӀараб авараб рагӀи, инс-авараб *šVr-dV рагӀудаса лӀугьараб. Жибго гьеб бачӀараб буго инс-хьундакавказияб *śwĔrV ("маркӀачӀумех") рагӀудаса. ГӀагарал рагӀабилъун ккола чачан сьуйре, гъалгъай сайра, "маркӀачӀумехх" абун магӀна бугел.[1]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Сордо рагӀул этимология". Starlingdb.org. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. 18 Январ 2024.