Сезер, АхӀмет Неждет
Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан АхӀме́т Нежде́т Сезе́р (тур. Ahmet Necdet Sezer; 13 сентябрь 1941 сон, Апйонкарагьисар) — Турциялъул анцӀабилев президент. Турциялъул ТӀадегӀанаб Миллияб Шураялъ Сезер президентлъун вищана 2000 соналъ, гьесда цеве вукӀарав Сюлейман Демирелил анкьго сонил болжал лӀугӀидал. 2007 соналъул 28 августалъ гьев хисана ГӀабдуллагь Гюлица.
ГӀумрухъвай
[хисизабизе | код хисизабизе]АхӀмет Неждет Сезер гьавуна 1941 соналъул 13 сентябралъ Апйонкарагьисар шагьаралда.
Школа лӀугӀун хадуб 1958 соналъ, гьев цӀалана Анкараялъул Университеталъул къанунияб Факультеталда ва жиндирго хӀалтӀул нух байбихьана Анкараялда къадилъун. Рагъул Академиялда хъулухъ гьабуралдаса хадуб, цин гьев хӀалтӀана къадилъун, ва хадубккун тӀаде валагьулев къадилъун Анкараялъул ТӀадегӀанаб Апелляциялъул Судалда.
1983 соналъул марталда, гьев вищана ТӀадегӀанаб Апелляциялъул Судалъул гӀахьалчилъун. 1998 соналъул январалда, АхӀмет Неждет Сезер вищула Конституциялъулаб Судалъул бетӀерав къадилъун.
АхӀмет Неждет Сезер вищана президентлъун 2000 соналъ, гьа бай къабул гьабуна 2000 соналъул 16 маялъ.
|
МустІапа Кемал Ататюрк (1923—1938) • Исмет Инёню (1938—1950) • МахІмуд Баяр (1950—1960) • Жемал Гюрсел (1961—1966) • Жевдет Сунай (1966—1973) • Пахри Корутюрк (1973—1980) • Кенан Эврен (1982—1989) • Тургут Озал (1989—1993) • Сулейман Демирел (1993—2000) • АхІмет Неждет Сезер (2000—2007) • ГІабдуллагь Гюл (2007—2014) • Ражаб ТIайип Эрдогъан (с 2014) |