Эрдогъан, Ражаб ТӀайип
Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан Ражаб ТӀайип Эрдогъан (тур. Recep Tayyip Erdoğan, 1954 c.) — Турциялъул премьер-министр (2003 соналдасан байбихьун), исламияб ритӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партиялъул цевехъан.
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀолохъанал сонал
[хисизабизе | код хисизабизе]Ражаб ТӀайип Эрдогъан гьавуна 1954 соналъул 26 февралалъ истамбулалъул Бейоглу мухъалъул Къасымпаша абулеб бакӀалда, чӀегӀер ралъдал рагӀалда, ралъдал хъаравуласул хъизаналда. Турказул «Миллиет» абулеб казияталъул баяназда рекъон, жиндирго цо кӀалъа-басаялда Эрдогъаница бицана, гьесул хъизан ГӀачӀаристаналдаса Ризеялде рачӀарал ругоян. ГӀолохъанлъуда гьес шагьаралъул хӀинкъи гьечӀел къватӀазда рукӀана лимонадал ва булкаби ричулев. 1965 соналъ Эрдогъаница лӀугӀизабуна Пийале Паша абулеб байбихьул школа ва 1973 соналъ Истамбулалда бугеб динияб имамзабазул ва хатӀибзабазул лицей[1]. Эйюп абулеб лицеялда экзаменги кьун диплом щвана.
1976 соналъ гьев лӀугьана Истамбулалъул Бейоглу абулеб мухъалда гӀолохъанаб халкъияб хвасаргьабиялъул партиялъул председателлъун[1]. 1978 соналъ гьес лъадилъун ячана Эмине Гюльбаран. 1980 сон щвезегӀан Эрдогъан хӀалтӀана истамбулалъул транспортазул организациязда. 1980 соналъул 12 сентябралъ пачалихъалда лӀугьана рагъулаб инкъилаб ва киналниги сиясатиял партиял гьукъун рукӀана. 1981 соналъ гьес лӀугӀизабуна Мармара Университеталъул икътисадалъул ва бича-хисиялъул гӀелмабазул факультет.
1984 соналда Ражаб ТӀайип Эрдогъан лӀугьана Бейоглуялда лъикӀлъиялъул партиялъул бутӀаялъул председателлъун,ва 1985 соналъ — партиялъул истамбулалъул бутӀаялъул председателлъун, гьединго партиялъул советалъул тӀадегӀанав гӀахьалчилъун[1]. Гьесул сиясатиял балагьиязе кӀудияб асар гьабуна «сиясатияб ислам» абулеб партия гӀуцӀцӀарав Нежметтин Эрбаканица.
Сиясатияб хъулухъ
[хисизабизе | код хисизабизе]1994 соналъ Истамбулалъул мэрлъун вищана. 1996 соналъ ЛъикӀлъи гьабиялъул Партиялъ гӀахьаллъи гьабуна исламияб цолъи гьабиялда, кинго рагъул инкъилабалдаса хадуб 1997 соналъ гьеб гьукъана, живго Эрдогъан 4 моцӀги цӀан туснахъ гьавуна, халкъазда гьоркьоб рагъ-муч багъаризабулеллъун хӀукуматалъ рикӀкӀарал пикрабазе гӀоло.
2001 соналъул июлалда Эрдогъаница гӀуцӀцӀана РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партия, 2002 соналъ парламенталъулал рищиязда жиб бергьараб. Туснахъ гьавун вукӀиналъ Эрдогъание квал-квал гьабуна премьер-министрлъун вачӀине, кинго ГӀиракъалда данде рагъ байбихьидал, АЦШялдехун гьетӀараб турказул тӀадчагӀаз изну кьуна пачалихъалъул аслиял законал хисизе ва гьелдалъун Эрдогъан вачӀана правительствоялъул бетӀералде. Турциялъ хӀукму гьабуна жиндирго рагъул къуватал рехизе, аслияб куцалда курдаз гӀумру гьабулеб ГӀиракъалъул шималияб рахъалде. Эрдогъан ккола Турция Евроцолъиялде лӀугьиналъул рахъ кколевлъун.
2009 соналъ гӀахьаллъана Давосалда букӀараб Дунялалъулго икътисадалъул данделъиялда, гьениб гьесде кутакалда гьужум гьабуна жугьутӀазул президент ШимгӀон Пересица, ФилистӀиналда данде ГӀизраилалъ гьабулеб рагъул рахъги ккун.[2].