НекӀсияб гуржи мацӀ
НекӀсияб гуржи мацӀ (ႤႬႠჂ ႵႠႰႧႭჃႪႨ[1], энай картули) — гъоркьобгӀасрулъиялъул Гуржистаналъул адабияталъулаб мацӀ, жиб V гӀасруялда баккараб. Жакъа къоялъ хӀалтӀизабула гуржи ортодоксалияб килисаялъ литургиялъулаб мацӀ хӏисабалда ва ккола гуржи мацӀ рахьдалаблъун бугезда бичӀчӀулеблъун. НекӀсияб гуржи мацӀ цебетӀуна гьоркьохъел гӀасрабазул гуржи мацӀалде XI гӀасруялда, жиндир иргаялда гьеб цебетӀуна XVIII гӀасруялда гьанжесеб гуржи мацӀалде.
Периодизация
[хисизабизе | код хисизабизе]БатӀа гьабула кӀиго период: цебесеб некӀсияб гуржи мацӀ (V–VIII гӀасраби) ва классикияб некӀсияб гуржи мацӀ (IX–XI гӀасраби). Цебесеб некӀсияб гуржи мацӀалда бихьизабун буго кӀиго сверел: Ханмети (ხანმეტი, V–VII гӀасраби) ва Хаэмети (ჰაემეტი, VII–VIII гӀасраби), гьезие цӀарал кьун руго субъекталъе бугеб 2-б гьумералъул ва битӀараб тӀадежубаялъе бугеб 3-б гьумералъул префиксазда рекъон (кх- яги х-) — классикияб некӀсияб гуржи мацӀалда гьезие дандеккола яги префиксал х- и с-, яги гьел гьединаллъун гьезецин гьечӀо.[2]
Текстал
[хисизабизе | код хисизабизе]Цебесеб некӀсияб гуржи мацӀалда хъварал текстазул корпус буго дагьаб ва гӀуцӀун буго диниял текстал ругел 12 тадхъваялъги, 8 кверзулхъваялъги. Классикияб некӀсияб гуржи мацӀалда хъвараб адабияталъ гъорлӀе рачуна философиялъулал ва гьисториографиялъулал хӀалтӀаби.
Хъвай-хъвагӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]НекӀсияб гуржи мацӀалда хӀалтӀизабулеб букӀараб гуржи алипба буго «асомтаврули» (бетӀерал хӏарпал) яги «мргловани» (гургинлъараб). Алипба тӀубанго гӀадин буго идеалияб фонемикияб, жинца кидаго гӀадин цоккураб дандеккей бихьизабулеб фонемабаздаги графемабаздаги гьоркьоб. Гьабун буго грек алипбаялъул аслуялда хӏарпазул гьебго тартибгун, грек гурел фонемаби рихьизарулел хӀарпал руго алипбаялъул ахиралда. Гьединго алипбаялда гъорлӀ буго хӀарп, жидее дандекколеб лъабго грек фонема, амма гуржи мацӀалда гьечӀел: (ē, ü ва ō). Хӏарпазул хъваялъул къагӀида буго грекалдама батӀияб (грек Φ Θ Χ [pʰ tʰ kʰ] ва асомтаврули Ⴔ Ⴇ Ⴕ).
Грек | Α | Β | Γ | Δ | Ε | Ϝ | Ζ | Η | Θ | Ι | Κ | Λ | Μ | Ν | (Ξ) | Ο | Π | (Ϙ) | Ρ |
Асомтаврули | Ⴀ | Ⴁ | Ⴂ | Ⴃ | Ⴄ | Ⴅ | Ⴆ | Ⴡ | Ⴇ | Ⴈ | Ⴉ | Ⴊ | Ⴋ | Ⴌ | Ⴢ | Ⴍ | Ⴎ | Ⴏ | Ⴐ |
Транслитерация | а | б | г | д | э | в | з | ē | т | и | к' | л | м | н | й | о | п | ж | р |
Грек | Σ | Τ | Υ | Φ | Χ | (Ψ) | – | – | – | – | – | – | – | – | – | – | – | Ω | |
Асомтаврули | Ⴑ | Ⴒ | Ⴣ | Ⴔ | Ⴕ | Ⴖ | Ⴗ | Ⴘ | Ⴙ | Ⴚ | Ⴛ | Ⴜ | Ⴝ | Ⴞ | Ⴤ | Ⴟ | Ⴠ | Ⴥ | |
Транслитерация | с | т' | ю | п | к | гъ | къ | ш | ч | ц | дз | цӀ | чӀ | х | кв | ж | х | ō |
Орфография
[хисизабизе | код хисизабизе]Орфография буго цоккураб ва тартибаб — цого рагӀи кисса кибего хъвала цого къагӀидаялъ. ХӀалтӀизабула принцип «рагӀухъе хъвала», гьелъ кидаго гӀадин цо фонемаялъе дандеккола цо хӀарп. Гьоркьосарахъиял кьун руго гъоркьегӀан.[3]
- Рагьараб u (у)
«РагӀухъе хъвай» асасалъул аслияб гьоркьосарахъи буго фонема /u/, гьелъие дандеккола диграф ႭჃ 〈oü〉. Мисал: ႮႭჃႰႨ 〈p’oüri〉 (п’ури — «чел»). Босараб буго грек мацӀалдаса, жинда /u/ гьаракь кьезе ου диграф хӀалтӀизабулеб. «Нусхури» тайпаялъул хъвай-хъвагӀиялда ⴍⴣ 〈oü〉диграф лӀугьана ⴓ /u/ хӀарплъун (гьанжесеб гуржи хъвай-хъвагӀиялда — უ). Хадуб гъорлӀе бачана релълъараб хӀарп Ⴓ, жиб некӀсияб гуржи алипбаялда букӀинчӀеб.
- Бащдарагьараб /w/ (у / в)
Хъвала кӀиго батӀияб къагӏидаялъ рагӀиялда жаниб букӀунеб позиционалда рекъон. Рагьукъалдаса хадуб — диграф ႭჃ 〈oü〉, мисалалъе: ႹႭჃႤႬ 〈choüen〉(чуэн — «ниж»), ႢႭჃႰႨႲႨ 〈goürit’i〉(гурит’и — «микки»). ႭჃ 〈oü〉диграфалъ рихьизарула /w/ ва /u/ гьаркьал хъвай-хъвагӀиялъулӀ батӀалъиги гьабичӀого. Мисалалъе: ႵႭჃႧႨ 〈khoüti〉(хути — «щуго») ва ႤႵႭჃႱႨ 〈ekoüsi〉(экуси — «анлӀго»). Цогидал позиционазда бихьизабула Ⴅ 〈v〉 хӀарпалдалъун, мисалалъе: ႧႭႥႪႨ 〈tovli〉(тоули — «гӀазу»), ႥႤႪႨ 〈veli〉(уэли — «хур»), ႩႠႰႠႥႨ 〈k’aravi〉(к’арави — «чадир»).
КӀиябго хъвай ккола аллофоникияб вариация, гьанжесеб гуржи мацӀалде гӀадина[4], [w] в постконсонантияб позиционалда ва цогидал позиционазда [ʋ] яги [β] гьаркьазда гьоркьоб. Гьанжесеб гуржи мацӀалда (1879 соналдаса) [w] ва [ʋ/β] гьаркьал данде ккола ვ 〈v〉 хӀарпалъе, ჃႭ 〈oü〉диграфалъул бакӀалда Ⴅ 〈v〉хӀарп хъвай гьединго дандчӀвала некӀсияб гуржи мацӀалда — ႠႣႥႨႪႨ 〈advili〉(адвили — «бигьаго»), ႷႥႤႪႨ 〈q’veli〉 (къуэли — «хӀан»). Гьоркьосабахъи — ႰႥႠ 〈rva〉(руа — «микьго»).[5]
- Бащдарагьараб y (й)
ИгӀрабияб суффиксалъул байбихьудасеб рагьараб i-, жиб гӀемерисеб рагьаралда хадуб бачӀунеб, рагьукъалда хадуб ккани, кьола y- хӏисабалда. Алипбаялда гьеб бихьизе гьабула — ႣႤႣႠჂ ႨႤႱႭჃჂႱႠ 〈deday iesoüysa〉 (деда-й иесу-иса, «Исусил эбел»).
- Грек хӀарпал
Асомтаврули алипбаялда буго лъабго хӀарп, жиб гӀицӀго цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ хӀалтӀизабулеб: Ⴡ 〈ē〉, Ⴣ 〈ü〉 и Ⴥ 〈ō〉. Гьел хӀалтӀизарула грек цӀаразул ва рагӀабазул хӀарп-хӀарпккун транслитерация гьабизе, ē (эта), ü (ипсилон) ва ō (омега) хӏарпазул аналогал хӏисабалда. Хадур гьел хисана эй, уи ва оу дифтонгаздалъун. Греческое название Мисриялъул грек мацӀалда цӀар Αἴγυπτος (Айгиптос) кьола некӀсияб гуржи мацӀалда ႤႢჃႮႲႤ 〈egüp’t’e〉 (эгуип’т’э) гӀадин ва гьанжесеб гуржи мацӀалда ეგვიპტე (эгвип’т’е) гӀадин. Гуржи рагӀабазулӀ Ⴥ 〈ō〉хӀарп хӀалтӀизабулаан ахӀул бутӀа бихьизабизе: Ⴥ ႣႤႣႨႩႠႺႭ 〈ō dedik’atso〉 (о дедик’ацо — «огь чӀужугӀадан!»)
Ⴡ 〈ē〉 ва Ⴣ 〈ü〉хӀарпал, цогидаб рахъалъ, гӀемер хӀалтӀизарулаан гӀодосанго гуржи рагӀаби хъваялъе, эй ва уи дифтонгал бигьахъего рихьизаризе. Мисалалъе: ႫႤႴჁ 〈mepē〉 (мепей — «парччахӀ»), ႶჃႬႭჂ 〈ghünoy〉(гхуиной — «чӀагӀа»). Парадигмаялда рекъон хисула хъвайги: ႱႨႲႷႭჃႠჂ 〈sit’q’oüay〉 (сит’к’уа-й — «рагӀи», ном.) яги ႱႨႲႷჃႱႠ 〈sit’q’üsa〉 (сит’к’у-иса — «рагӀиялъул», ген.)[6]. Дифтонгал хъвай-хъвагӀиялъулӀ рихьизаризе бегьула тӀубангоги: ႫႤႴႤჂ 〈mepey〉 (мепей), ႶႭჃႨႬႭჂ 〈ghoüinoy〉 (гхуиной) яги ႶჃႨႬႭჂ 〈ghüinoy〉 (гхюиной, жуба-гъубараб вариант).
ХӀужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- Aronson, Howard J. (1997). "Georgian phonology". Гъоркь: Alan S. Kaye (ред.). Phonologies of Asia and Africa. Vol. 2, Winona Lake, Indiana: Eisenbrauns. ISBN 1-57506-018-3.
{{cite book}}
: CS1 maint: location (link) - Fähnrich, Heinz (2007). Kartwelisches etymologisches Wörterbuch. Leiden: Brill. ISBN 978-9004161092.
- Fähnrich, Heinz (2012). Die georgische Sprache. Leiden: Brill. ISBN 978-9004219069.
- Schanidse, Akaki (1982). Grammatik der altgeorgischen Sprache. Schriften des Lehrstuhls für altgeorgische Sprache, vol. 24. Transl. Heinz Fähnrich. Tbilissi: Staatsuniversität.
- Tuite, Kevin (2008). "Early Georgian". Гъоркь: Roger D. Wood (ред.). Ancient Languages of Asia Minor. Cambridge: CUP (pp. 145–165). ISBN 978-0521684965.
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Грамматика древнелитературного грузинского языка (in ГӀурус) by Nicholas Marr Digital Library of Russian Academy of Sciences
- Grammatik zur altgeorgischen Bibelübersetzung by Franz Zorell (in Герман) Digital Library of Marthin Luther University