Перейти к содержанию

МухӀамад НурмухӀамадов

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:Инсанасул магӀлумат МухӀамадханил МухӀамад НурмухӀамадов (гь. 1960 соналда Гумбет мухъалъул Гьарадерихъ росулъ) - 2003 соналдаса нахъе ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул Дагъистаналъул мацӀазул цӀирагьараб кафедраялъул бетӀерлъи гьабулев.

Гьавуна 1960 соналда Гумбет мухъалъул Гьарадерихъ росулӀ.

1978 соналда лӀугӀизабуна Гъоркьинхо гьоркьохъеб школа ва гьебго соналъ цӀализе лӀугьана ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистаналъул ва гӀypyc мацӀазул бутӀаялде.

1983 соналда, багӀараб дипломгун гьебги лӀугӀизабун, цӀализе лӀугьана ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб ДГӀЦалъул МацӀазул, адабияталъул ва тарихалъул институталъул аспирантлъун. ЦӀунана филологиял гӀелмабазул кандидатлъун вахъине диссертация.

1998 соналда щвана доцент абураб гӀелмияб цӀар.

1987 соналдаса нахъе хӀалтӀулев вуго ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда.

2003 соналда вищана ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул Дагъистаналъул мацӀазул цӀирагьараб кафедраялъул заведующийлъун[1].

  1. ↑ "Биографическая справка. МухӀамад НурмухIамадов". Архивация оригинал, 2015-08-10. Щвей 2015-01-06. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)