Перейти к содержанию

МуртазагӀали МухӀамадов атӀ-ТӀелекьий

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Исламалъул гІалимчи
1972
Дагъистан, Шамил мухъ, ТІелекь росу
p27
3 октября 2009(2009-10-03)
Гъизилюрт, Дагъистан
МухІаммад, Тауфикъ

'МуртазагIали МухIаммадов  — исламалъул гIалимчи шафигIи мазгьабалъул, мударрис, шаригIаталъул гIелмабазул доктор.

РикIкIулев вукIана кIудияв гIалимчи гIадин. Хъвана ва басмаялда рахъана кIудиял къадаразда исламиял тIахьал. Дарсал кьолев вукIана Исламалъул факультеталда,Имам Шамилил цIаралда бугеб исламияб университеталда,Гъизилюрт шагьаралда, ва исламалъул факультеталда, Мухаммад Аш-ШафигIиясул цIаралда бугеб исламияб университеталда, МахIачхъала шагьаралда,. Гьеб гуребги, дарсал кьолел рук1ана Дамаск шагьаралъул мажгитазда Абу Нур ва АР-Рифаи, гIарабиязеги, къватIир ругел хIукуматаздаса рачIарал гIадамазеги. Тарихалде ана,Дагъистаналъул тIоцевесев ва цо вугев шаригIаталъул гIелмабазул доктор гIадин, ва гьединго тIолалго цере СССРАЛДА гъорлъ рукIарал хIукуматаздаги.ГIумруялдаса ватIалъана,2009 соналъул,3 октябрялъул къоялъ,Гъизилюрт мухъалъул ЦIияб-ЧIикIаб росдада аскIов.