МугӀаз ал-ХатӀиб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
МугӀаз ал-ХатӀиб
гӀар. أحمد معاذ الخطيب‎‎
МугӀаз ал-ХатӀиб
Байрахъ
Байрахъ
СИДКЪМЦ-ялъул президент
Байрахъ
Байрахъ
2012 сон 11 ноябрь — 2013 сон 24 март
Цеве вукІарав: цӀияб гӀуцӀараб хъулухъ
Хадув вачІарав: Жорж Сабра
 
ВатІанчилъи: Халип:Флаг / Сирия
Дин: ислам
Гьави: 1960
Димишкъ, Сирия
Эмен: МухІаммад Абу ал-Фараж ал-ХатІиб
Лъимал: васал: ГІабдурахІман ва Гьажим
ясал: Аман ва Асмаъ
Миллат: гІарабав
Лъай: Димашкъалъул пачалихъияб университет
Хъулухъ: Петрофизикаялъул инженер

МугӀаз ал-ХатӀиб гӀар. أحمد معاذ الخطيب‎‎‎ — сириялъул хӀукуматалъул хӀаракатчи-сиясатчи, 2012 соналъул 11 ноябралдаса байбихьун гьев ккола Сириялъул халкъияб дандечӀеялъул бетӀерлъун.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна 1960 соналъ Димишкъалда. Сириялда хӀуригаталъе гӀоло рагъ байбихьизегӀан Димишкъалъул Омавиязул мажгиталъул хатӀиблъун вукӀана.

Гьесул эмен вук1ана шайих МухӀаммад Абу ал-Фараж цӀаларав гӀалимчилъун ва Димишкъалдаго цӀар рагӀарав вагӀзачилъунги, гьевги ккола "ал-ХӀасаний" тухумалъул чилъун, ай аварагасул с.гӀ.в. ясалъул вас ХӀасан бин ГӀалил тухумалъул чилъун.

Гьесул руго кӀиго вацги цо яцги: яц йиго Массуна абурай (шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул мугӀалим), вац ГӀабдул Къадир (Омавиязул мажгиталъул вагӀзачи - Тафсиралъул ва шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул профессор) ва МухӀаммад Мужир (ХӀадис ва хӀадис гӀелмуялъул профессор - гӀемерал тӀахьазул муалиф).

Лъадиги ункъго лъимерги буго хъизамалда: Аман, ГӀабду РахӀман, Асмаъ ва Гьашим.

2012 соналъул ноябрь моцІалъ гьев вищана был Сириялъул инкъилабалъул ва дандечІеялъул къуватазул миллияб цолъиялъул президентлъун.

2013 соналъул 30 январалъ кІалъазе вахъана, жигараб байбихьиялдалъун Сириялъул хІукуматалъул вакилзабазулгун гьоркьоб кІалъай гьабизе кколин «би тІей лъугІиялъул ва ракълилал гІадамазул нус аза-азар напсал цІуниялъул мурадалда»-ян[1].

2013 соналъул 24 марталъ хъулухъалдаса гІодов чІана[2]. Среди причин, побудивших его принять такое решение, называл возрастающее вмешательство иностранных стран вроде Саудовской Аравии и Катара в деятельность сирийской оппозиции.

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Глава сирийской оппозиционной коалиции потребовал перед началом диалога с властями освободить из тюрем 160 тысяч узников, ИТАР-ТАСС (30.1.2013). Архив гьабун буго аслуялдаса 4 фебруар 2012. Хал гьабун буго 31 январ 2013.
  2. "Глава сирийской оппозиции ушел в отставку | Forbes.ru". Архивация оригинал (2013-03-27). Халагьи 2013-03-25. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Иццал[хисизабизе | код хисизабизе]