Диктатура
Диктатура — хӀакимлъиялъул форма, жиндир сипатлъун бугеб гӀурхъи гьечӀеб хӀукуматиял ихтиярал кодор ругел цевехъан яги церехъабазул къокъа букӀин.[1] Диктатураялъул цевехъан ккола диктатор. Политика диктатураялда букӀуна диктаторасдаги, гьесул горсверудаги ва оппозициялдаги гьоркьоб, букӀине бегьула ракълилаб яги зулмуяб. Диктатура гӀуцӀизе бегьула рагъулаб инкъилабалдалъун, жинца къуват хӀалтӀизабиялдалъун цебе букӀараб хӀукумат тӀаса рехулеб, яги жибго-инкъилабалдалъун, халкъалъ вищарав цевехъанас жиндирго хӀакимлъи кидагояблъун гьабун. Диктатураби рукӀуна авторитариял яги тоталитариял ва классификатинаризе бегьула милитариял диктатураби, цо-партиял диктатураби, персоналистиял диктатураби яги абсолютиял монархияби гӀадин.[2]
Диктатура абураб термин лӀугьараб буго Румалъул республикаялда хӀалтӀизабулеб букӀаралдаса.[3] Цересел рагъулал диктатураби цӀеретӀуна пост-классикияб периодалда, хасго шогунзабазул эпохаялъул Япониялда. Гьанжесел диктатураби лӀугьана XIX гӀасруялда, каудилйозабаз Латин Америкаялда хӀакимлъи ккведал. Фашистиял ва коммунистиял пачалихъал раккана Европаялда 1920–1930-абилел соназ. Фашизм тӀагӀинабуна КӀиабилеб дунялалъулаб рагъалдаса хадуб, гьебго заманалда коммунизм тӀибитӀана цогидал континентазде. Африкаялда персоналистиял диктатурабиги, Латин Америкаялда рагъулал диктатурабиги загьирлъана 1960-абилел ва 1970-абилел соназда. ГӀемерисел диктатураби щапана ЦӀорораб рагъ лӀугӀулеб заманалдаги демократизациялъул лъабабилеб карачелалъул заманалда. ГӀезегӀан диктатураби руго жакъа къоялъги, хасго Африкаялда ва Азиялда.
Диктатурабаз гӀемериселъ гьарула рищиял жидерго легитимлъи чӀчӀезабизе яги бетӀерлъуда бугеб партиялъул гъорлӀчагӀазе стимул гьабизе, амме гьел рищиял рукӀунаро конкурентиял оппозитионалъе. Стабиллъи дитатураялда чӀчӀезабула коэркитионалдалъун, ай хӀалица гьабизабиялдалъун, гьелде гъорлӀе уна информациялде изнуялъе гӀурхъи лъей, политикияб оппозитионалда хадуб халкквей ва зулмуялъул актал. Къуватал оппозитиониял группаби сабаблъизе бегьула инкъилабалделъун яги революциялдалъун диктатураби щапиялъе.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Диктатор абураб рагӀи бачӀараб буго латин мацӀалъул dictātor абураб рагӀудаса, гьеб ккола агент цӀарел dictare (dictāt-, араб заманалъул партикипалъул аслу dictāre dictate v. + -or -or суффикс) гьабелалъул.[4] Латин хӀалтӀизабиялда, диктатор кколаан Румалъул Республикаялда махӀкамчи, жиндихъе заманалъ абсолютияб хӀакимлъи кьурав. БилӀахъе, диктаториалияб режималда пачалихъалъул бетӀерасе гӀахьал гьабула диктаторасул титул; букӀаниги, гьезул формалияб титул гӀемериселъ букӀине бегьула лидер, цевехъан гӀадал.
Структура
[хисизабизе | код хисизабизе]Диктатураялъул лидерасда цӀарула диктор абун. Диктатурабазул хӀакимлъул структураби рукӀуна батӀи-батӀиял, ва диктатураялъул батӀи-батӀиял баянабияз хал гьабула гьеб структураялъул батӀи-батӀиял элементазул. Political scientists such as Хуан Хосе Линц ва Самуел П. Гьантингтон гӀадал политологаз ратӀа рахъула аслиял атрибутал, жидеца баянабулеб диктатураялъул хӀакимлъиялъул структура, гьенирго гъорлӀ цо цевехъан яги церехъабазул къокъа букӀин, дагьалго гӀурхъичӀаялгул хӀакимлъи гьаби, гӀорхъагъинабураб политикияб плюрализм ва гӀорхъагъинабураб массияб мобилизация. Диктатура гьединго баян гьабун букӀине бегьула демократикълъи гӀадинги.[5]
Диктатурабазул тайпаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Диктарурабазул классификациялъ, 1999 соналъ политолог Барбара Геддесица жиндие байбихьи лъураб, фокус гьабула контролалъул хӀакимлъи бугеб бакӀалде.[6] Гьеб традициялда рекъон, буго лъабго тайпа диктатурабазул: милитарияб (рагъулаб), цо-партиялъулаб ва персоналистияб (цо чиясулаб). Милитариял диктатураби контролинарула рагъулал офицераз, цохӀо-партиялъулаб диктатураби контролинарула политикияб партиялъул гъорлӀчагӀаз, персоналистиял диктатураби контролинарула цохӀо чияс. Цо-цо ахӀвалазда монахиябиги гьединго рикӀкӀуна диктатурабилъун, монархасул кодоб цӀикӀкӀараб политикияб къуват бугони. Гьибридиял диктатураби ккола гьел классификациябазул комбинация гъорлӀ бугел режимал.[7]
Ралагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]- Автократия
- Хайратаб диктатура
- Коммунизм
- Конституционияб диктатура
- Деспотизм
- Элективияб диктатура
- Фашизм
- Генералиссимус
- Гьоджаизм
- Чучгье
- Диктаторзабаз хӀалтӀизарулел титулазул сияхӀ
- Тоталитариял режимазул сияхӀ
- Маоизм
- Мобутизм
- Нацизм
- Халкъалъул демократияб диктатура
- Путинизм
- Селектораталъул еория
- Сталиниз
- Къуватчи
- ТӀадегӀанав цевехъан
- Тоталитаризм
- Тирания
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Douglas W. Simon; Joseph Romance; Neal Riemer (2 January 2019). The Challenge of Politics: An Introduction to Political Science (6 ред.). CQ Press. ISBN 978-1-5443-0595-0.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Samuel P. Huntington (6 September 2012). The Third Wave: Democratization in the Late 20th Century. University of Oklahoma Press. гьл. 1980–. ISBN 978-0-8061-8604-7.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Gregory K. Golden (22 April 2013). Crisis Management during the Roman Republic: The Role of Political Institutions in Emergencies. Cambridge University Press. гьл. 220–. ISBN 978-1-107-06770-7.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ "Oxford English Dictionary, (the definitive record of the English language)".
- ^ Ezrow & Frantz 2011, гь. 2.
- ^ Congleton, Roger D; Grofman, Bernard; Voigt, Stefan, редл. (28 February 2019). The Oxford Handbook of Public Choice, Volume 2. doi:10.1093/oxfordhb/9780190469771.001.0001. ISBN 978-0-19-046977-1.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Ezrow & Frantz 2011, гьл. 20–22.
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- Ezrow, Natasha M.; Frantz, Erica (2011). Dictators and Dictatorships: Understanding Authoritarian Regimes and Their Leaders. Bloomsbury. ISBN 9781441196828.
- Geddes, Barbara; Wright, Joseph; Frantz, Erica (2018). How Dictatorships Work. Cambridge University Press. ISBN 9781107115828.
- Lee, Stephen J. (2016). European Dictatorships 1918-1945 (4th ред.). Routledge. ISBN 9781315646176.
- Staar, Richard F. (1982). Communist Regimes in Eastern Europe (4th ред.). Hoover Institution Press. ISBN 9780817976934.
ТӀадеги цӀалиялъе
[хисизабизе | код хисизабизе]- Ингилисалда
- Behrends, Jan C. Dictatorship: Modern Tyranny Between Leviathan and Behemoth, in Docupedia Zeitgeschichte, 14 March 2017
- Dikötter, Frank. How to Be a Dictator: The Cult of Personality in the Twentieth Century (2019) scholarly analysis of eight despots: Mussolini, Hitler, Stalin and Mao, as well as Kim Il-sung of North Korea; François Duvalier, or Papa Doc, of Haiti; Nicolae Ceaușescu of Romania; and Mengistu Haile Mariam of Ethiopia. online review; also excerpt
- William J. Dobson (2013). The Dictator's Learning Curve: Inside the Global Battle for Democracy. Anchor. ISBN 978-0-307-47755-2.
- Finchelstein, Federico. The ideological origins of the dirty war: Fascism, populism, and dictatorship in twentieth century Argentina (Oxford UP, 2017).
- Fraenkel, Ernst, and Jens Meierhenrich. The dual state: A contribution to the theory of dictatorship. (Oxford UP, 2018).
- Friedrich, Carl J.; Brzezinski, Zbigniew K. (1965). Totalitarian Dictatorship and Autocracy (2nd ред.). Praeger.
- Levitsky, Steven; Ziblatt, Daniel (2018). How Democracies Die. Crown. ISBN 9781524762957.
- Bueno de Mesquita, Bruce; Smith, Alastair; Siverson, Randolph M.; Morrow, James D. (2003). The Logic of Political Survival. The MIT Press. ISBN 978-0-262-63315-4.
- Bruce Bueno de Mesquita and Alastair Smith (2011). The Dictator's Handbook: Why Bad Behavior is Almost Always Good Politics. Random House. гь. 272. ISBN 978-1-61039-044-6. OCLC 701015473.
- Ridenti, Marcelo. "The Debate over Military (or Civilian‐Military?) Dictatorship in Brazil in Historiographical Context." Bulletin of Latin American Research 37.1 (2018): 33–42.
- Ringen, Stein. The perfect dictatorship: China in the 21st century (Hong Kong UP, 2016).
- Ward, Christoper Edward, ed. The Stalinist Dictatorship (Routledge, 2018).
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 errors: dates
- Articles with GND identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Articles with EMU identifiers
- Articles with LCCN identifiers
- Articles with NDL identifiers
- Articles with NKC identifiers
- Articles with PLWABN identifiers
- Articles with MA identifiers
- Диктатура
- Авторитаризм
- Олигархия