ГӀободаса МухӀамадхӀажи
ГӀобо́даса МухӀа́мад-хӀажи[1] (тӀобараб цӀар: ГӀободаса Къебед-дибирасул МухӀамад-хӀажи, гьединго ГӀободияв устар, Сайид ГӀободияв, 1828, ГӀобода, Авария — 1895, Макка, ГӀусманилазул империя) — кӀудияв гӀалим, шайх, устар, Ал-ХӀарамалъул имам; рикӀкӀунаан анцӀила ункъабилеб нусилалъул имамлъун.
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀар
[хисизабизе | код хисизабизе]Васасда эбел-инсуца гьавидал лъураб цӀар букӀана МухӀамад абун, аварагасул хӀурматалда. ХӀежалдаса тӀад вуссиндал, гьесул цӀаруде жубана хӀажи абун эпитет. Ва амма заманалдасан росуцоязги, муридзабазги, жалго гӀалимзабазги гьев рикӀкӀунев вукӀана МухӀамад аварагасул суннат жиндица щулаго ккурав чи вахъиндал, росуцоязги, муридзабазги, гӀалимзабазги гьев рикӀкӀине лӀугьана бищунго гӀажаибав Сайидлъун. Гьелъул кьучӀчӀалда тӀолабго исламияб дунялалъего гьев лӀугьана устар Сайид ГӀободиявлъун.
Гьавиги лъимерлъиги
[хисизабизе | код хисизабизе]МухӀамад-хӀажи гьавуна 1828 соналъ гьанжесеб Хунзахъ мухъалъул ГӀобода росулӀ Къебед-дибир абулев, Хунзахъ тӀалъул чанго росабалӀ дибирлъиги гьабурав, сверухъе жиндир цӀарги рагӀарав гӀалимчиясул хъизаналда.
Живго Къебеддибирил анкьумумулги гьебго даражаялъул гӀалимзаби рукӀун руго, хундерил тӀалъиялда гуребги, тӀолабго Дагъистаналдаго жидер цӀар рагӀарал.
Лъимерлъудаго тӀатана МухӀамадил цӀали-лъаялдехун интерес. ЦӀакъ тӀачӀчӀун лъазабище лӀугьана гьитӀинав МухӀамадица динияб гӀелму. Щиб суал кӀудияз гьесие кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букӀана чӀванкъотӀараб, мухӀканаб ва кьучӀчӀаб жаваб гьитӀинав МухӀамадихъан гӀадамазе. Сверухъе киналго рукӀана гьеб гӀаламаталда хӀикмалъун, божизе кӀоларого, гьеб кинабго жидерго беразда цебе щибаб къойилго кколеб бугониги.
МухӀамадица цӀакъго ццудунго тӀокӀкӀинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букӀарабщинаб гӀелму-лъай.
Хадусеб лъайщвей
[хисизабизе | код хисизабизе]1843 соналъ МухӀамад-хӀажида макьилӀ вихьун вуго жиндирго росуцояв, цӀар рагӀарав гӀалимчи ШагӀбан-къади. Гьес абун буго радал вахъун мун Гьухъаливе щвайилан, гьенив ватизе вугин вукӀинисев мудасир МухӀамад Гьухъалияв, жинца киналъего квекел гьабизе бугев, абун.
Гьеб макьу бихьун хадуса МухӀамад-хӀажида ракӀалде ккола Гьухъалиса МухӀамадихъе гӀелму камил гьабизе ине сапар бухьине. Живго Гьухъалиса МухӀамадхӀажи вукӀана Гъумекиса Жамалудиница жиндие устарлъиялъе ижаза кьурав машгьурав, гъваридаб гӀелмуялъул гӀалимчи, накъшубандияб тӀарикъаталъул устар.
МухӀамад-хӀажияс байбихьана «Силкул гӀайин» абулеб тӀехьалдаса байбихьун «Сирру къадар» абулеб тӀехьалде щун, жиндирго исламияб гӀелму камил гьабизе.
ТӀубараб лъабго соналъ Муршидун Камил Гьухъалиса МухӀамадхӀажиясда цеве цӀалунги лӀугӀун, муршидлъиялъе ижаза щвараб мехалда, Сайид ГӀободиясул гӀумруялъул букӀана анцӀила микьго сон. Жеги гӀолохъанлъухъ балагьичӀого, Гьухъалиса МухӀамадхӀажияс, ГӀободаса МухӀамад-хӀажи цӀакъав гӀалимчи вахъиндал, гьесие кьола тӀарикъаталъул устарлъи гьабизе изну.
ХӀеж борхизе ине къватӀиве вахъине ракӀалде ккедал, Гьухъалиса МухӀамадхӀажияс ГӀободаса МухӀамад витӀула СугъралӀе ГӀабдурахӀман-хӀажиясухъе хадубккунисеб гӀелму камил гьабизелъун, гьесул киса-кибего цӀар рагӀараб мадрасаялде цӀализе.
ХӀеж борхун хадуса
[хисизабизе | код хисизабизе]1866 соналъ, 38 сон барав МухӀамад-хӀажи ана, тӀоцесеб нухалъ хӀеж борхун, Маккаялде.
Гьениса нахъвуссиндал, гьев кӀвар кьун лӀугьана исламиял гӀелмаби камил гьариялда тӀад хӀалтӀизе; гьес хъвана чанго тӀехь гӀарабалда, дандакӀарана комментариял шаргӀиял каноназе. МухӀамад-хӀажи вахъане Дагъистаналдаго цӀар рагӀарав гӀалимлъун, гьесул бицине лӀугьана гӀарабалӀги, эс хъварал тӀахьал тӀиритӀизн лӀугьана исламияб ракьалдаги.
КӀиабилеб хӀеж ва ХӀижазалда рещтӀин
[хисизабизе | код хисизабизе]1878 соналъ гьес гьабуна кӀиабилеб хӀеж, эбго мехалда лъай-хъвай гьабуна исламияб дунялалда цӀар рагӀарал гӀалимзабигун, гьезда гъорлӀ Маккаялдаса Къурайшиязул Сайид ХӀусейн, ГӀабдурахӀман Шами, ГӀабдул Казбари Шами, Хизри Хумуси ва ц.
1883 соналъ, ГӀарабиялъул гӀалимзабазул цокӀалаб хӀукмуялда, ГӀободаса МухӀамад-хӀажи вищана Ал-ХӀарам мажгитул имамлъун, ва хвезегӀан вукӀана гьеб хӀалтӀи гьабулев.
Хвей
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀободаса МухӀамад-хӀажи хвана Маккаялда 1895 соналда, жиндир 67-абилеб сонида жанив. Гьев вукъана Шабатул Нур абулеб бакӀалда бугеб Муала хабалалӀ, МухӀамад аварагасул лъади Хадижатил хабада аскӀов.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ Гьавидал букӀараб цӀар — МухӀамад, хӀажи абураб эпитет рекӀинабуна цӀаруда 1866 соналъ хӀеж борхун хадуса