ГӀамалакӀар
Куц-мухъ
Гӏама́лакӏар – авар мифологиялъул персонаж, жиндир куц-мухъ гӏемерисеб Гӏандалазда гьоркьоб тӏибитӏараб.
Сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]Гӏамалакӏар бугин абула квер-хӏетӏ гьечӏеб, хӏо жиндихъ гӏамазул цӏураб цо гвала бугеб рижи.
Гьаб гӏемерисеб бачӏунила гьитӏинай яс йигеб рокъобе, гьалъул эбел-инсуда гьалъ цо гӏомо яги яс кьейин абулила магъало хӏисабалда. Хӏо гьалъ магъало къотӏула вас бугеб хъизамалдаги: яги вас, яги нус кьейин абулила.
Гьалъул кьей-тей тӏобитӏичӏел чагӏазул гьалъ лъимал рикъулила.
Параллелал
[хисизабизе | код хисизабизе]Камрусеппа
[хисизабизе | код хисизабизе]Хеттазул буго Камрусеппа абураб, бакъул бичасалъе чахъдал квас самизе квекулеб мифологикияб рижи.
Ярсел
[хисизабизе | код хисизабизе]Табасараназул Ярсел абураб мифологикияб рижи.
Ериш
[хисизабизе | код хисизабизе]Абхазазул Ериш абураб мифологикияб рижи.