Гьималаял
| Гьималаял? | |
|---|---|
| Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена.. | |
| КӀодолъи | |
| Халалъи | 2330 км |
| ГӀеблъи | км |
| Бищун борхатаб бакӀ | |
| Борхалъи | 8848 м |
| Координатал | 28/49/0/N/83/23/31/E |
| География | |
| Координатал: Missing latitude В функцию {{#coordinates:}} были переданы некорректные аргументы | |
| Пачалихъал | |
| Иклъим | Тибет |
Гьимала́ял (санскр. हिमालयः, «гӀазабазул рукӀел», инг. Himalayas) — Ракьалда бугеб бищун борхатаб мугӀрузул система. Гьималаял руго Тибеталъул тӀалъиялдаги (шималалда) ва Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда (жанубалда) гьоркьоб.[1] ЦӀакъ загьираб буго климатияб ва тӀабигӀияб гӀурхъи Гьоркьохъеб Азиялъул мугӀрузулал салул авлахъаздаги Жанубияб Азиялъул тропикияб ландшафталдаги гьоркьоб.
Гьималаял руго Гьиндустаналъулги, Непалалъулги, Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Китай), Пакистаналъулги, Бутаналъулги, Миянмаялъулги территориялда. Гьималаязул мугӀрул ракьаналъ ккола гьединго Бангладешалъул бищун шималияб бутӀаги.[2]
Гьоркьохъеб ва Жанубияб Азиялъул гӀурхъи цураб бакӀалда Гьималаязул мугӀрузулаб системаялъул буго 2900-ялдаса цӀикӀкӀун км халалъиялде ва гӀага-шагарго 350 км гӀеблъуде. ГӀатӀилъи буго гӀага-шагарго 650 аз. км².[1] Балазул гьоркьохъеб борхалъи буго гӀага-шагарго 6 км, бищун борхатаб буго 8848 м[3] — Джомолунгма (Эверест). Гьениб буго 10 микьазартӀогь — мугӀрул, ралъдал гьумералдаса борхалъи жидер 8000-идаса арал. Гьималаязул бакътӀерхьул балаздаса шималиябгин бакътӀерхьудехун буго цоги цӀакъ борхатаб мугӀрузулаб система — Каракорум.
Гьималаязда гӀумру гьабун бугеб халкъалъул аслияб пиша буго хурул магӀишат, климаталъ чо чанго гурони тӀоролазул навгӀал, картошка ва цо-цо цогидал пастӀадулал гурони гӀезаризе рес кьоларо. Хурзал руго гьетӀарал кьерзабахъ гьарун.
География
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда тӀаде Гьималаял къулун руго лъабго хӀокӀлъун, гьез гӀуцӀула Сивалик мугӀрул (Церегьималаял), ГьитӀинал Гьималаял (Пир-Панджал, Дхаоладхар и другие балал) ва гьездаса ратӀаго ругел жаниблъаби (Катманду расалъи, Кашмиралъул расалъи ва цогидалги), КӀудиял Гьималаял, жал Ассамалъул, Непалалъул, Кумоан ва Пенджабалъул Гьималаязде[4] рикьулел.
Ралъдал гьумералдасаи борхалъи 8 км бугел тӀогьаз гӀуцӀула КӀудиял Гьималаял, бищун гӀодобегӀан ругел мугӀрул габурлъаби руго 4-ялдаса цӀикӀкӀун километраялъул борхалъуда. КӀудиял Гьималаязе сипатал руго альпияб тайпаялъул балал, кӀудиял борхалъиялъулал контрастал, гучаб цӀеркъай (гӀатӀилъи буго 33 азаргоялдаса цӀикӀкӀун км²).[4] Бакъбаккуласа гьеб мугӀрул-щобалъе гӀурхъилъун буго Брагьмапутраялъул расалъи, бакътӀерхьудаса — Гьиндалъул (гьел гучал гӀораз лъабабго рахъалдасан къан буго киналниги мугӀрузулаб система). Гьималаязул бищун ахирисеб шималиябгин бакътӀерхьул тӀогь буго Нанга-Парбат (8126 м), бакъбаккул — Намджагбарва (7782 м).
ГьитӀинал Гьималаязул тӀогьазул гьоркьохъеб борхалъи бахуна 2,4 километраялде, ва цохӀо бакътерхьул рахъалда ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 4 км.
Бищун гьитӀинаб мугӀрул-щоб, Сивалик, буго Брагьмапутраялдаса Гьиндалде щвезегӀан кинабниги мугӀрул системаялда цадахъ, гьелъул борхалъи кибниги гьечӀо 2 километраялдаса цӀикӀкӀара.
Гьималаяздаса байбихьула Жанубияб Азиялъул аслия гӀорал — Гьинд, Ганг, Брагьмапутра.
Геология
[хисизабизе | код хисизабизе]
Гьималаял аслияб къагӀидалъ лӀугьун руго[5] олигоценалъуллъабил периодалда, альпазулаб орогенезалъул заманалда. Гьедин, гьел ккола дандеккун гӀолохъанал мугӀрул, жал шималалде кутаклъулел цоцада хадур цокӀалал балазгун рорхалъабаз гӀуцӀарал. Жанубиял мугӀрул ракьанал гӀуцӀун руго аслияб къагӀидаялъ хъируялдалъ иваконгломератаз, кьучӀал гъулдул ва сверухъ зона — гнейсаз, кристалликиял шистаз, чарангьечӀабаз, филлитаз ва магматикиялги метаморфикиялги минералаз. Регионалъе сипатаб буго ракьазул эрозия, жиб сабаблъун эхере ралагьарал хъитӀалги ва ччукӀелалги лӀугьунеб.
Бищун рорхатал мугӀрул
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьималаязда буго дунялалъул 14-ялдаса 10 микьазартӀогь — жидер борхалъи 8 километраялдаса/8 азал метраялдаса цӀикӀарал мугӀрул.
Ракьалъул бищун борхатаб мегӀер буго Непалалъулги Чиналъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги гӀорхъода. КӀиябго улкаялъул пачалихъияб гӀурхъи уна мегӀералъул балалъул мухъалдасанги тӀогьалдасанги. Гьедин, Джомолунгмаялъул шималияб щоб ккола Чиналъул территориялъун, жанубияб — Непалалъул. МегӀералъул тӀогь буго ралъдал гьумералдаса 8848 метраялъул борхалъуда.
Балагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- 1 2 Гималаи // КӀудияб советияб энциклопедия : [30 т.] / бетӀ. ред. А. М. Прохоров. — 3-леб басм. — М. : Советияб энциклопедия, 1969—1978.
- ↑ "Himalaya". Щвей 2015-04-17.
- ↑ Everest not as tall as thought (инг.)
- 1 2 Поспелов Е. М. Гималаи // Географические названия мира : Топонимический словарь : Ок. 5000 единиц / Отв. ред. P. A. Агеева. — 2-е изд., стереотип. — М.: Русские словари, Астрель, АСТ, 2002. — ISBN 5-93259-014-9, 5-271-00446-5, 5-17-001389-2.
- ↑ "Гьималаязул тарих". Архивация оригинал, 2018-05-16. Щвей 2020-11-23.
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- Гималайские горы // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
- Гималаи / Н. Н. Алексеева; Арк. В. Тевелев (геологическое строение и полезные ископаемые) // Гермафродит — Григорьев [Электронный ресурс]. — 2007. — С. 131—134. — (Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов ; 2004—2017, т. 7). — ISBN 978-5-85270-337-8.
- Chopra, Maharaj K. The Himalayan Border War: An Indian Military View. // Military Review. — May 1963. — Vol. 43 — No. 5. (военно-географическая характеристика района)
РегӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]| Гьималаял Викигъамасалда |
- The Digital Himalaya research project at Cambridge and Yale (инг.)
- Geology of the Himalayan mountains Архивация 2010-06-16 Wayback Machine (инг.)
- Birth of the Himalaya (инг.)
- Biological diversity in the Himalayas // Encyclopedia of Earth (инг.)авар. (инг.)
- Страницы с ошибками скриптов
- Страницы с некорректными тегами координат
- Геокаралда инфобокс: цӀезе: ЦӀар
- Геокаралда инфобокс: битӀизабизе: тархазулаб параметр
- Coordinates on Wikidata
- Ракькаралда инфобоксал: Рекъезабизе: ГӀемерлъул параметраби
- МугӀрузул системаби алипалда рекъон
- Макъалаби инглис-мацӀаб текстгун
- Страницы, использующие волшебные ссылки ISBN
- Articles with hatnote templates targeting a nonexistent page
- Webarchive template wayback links
- Гьималаял
- Гьиндустаналъул мугӀрул
- Непалалъул мугӀрул
- Китаялъул мугӀрул
- Пакистаналъул мугӀрул
- Бутаналъул мугӀрул