ГъветӀщел
Куц-мухъ
(«ГъветIщел» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Гъве́тӏщел (цинги диал. гъотӏо́ллъи, гьитӏи́нрохь, рохьи́ллъи) — аслияб рохьил массивалдаса батӏатӏун чӏараб гӏемерго кӏудияб гуреб тӏанхирохь. Гьенир гъутӏби рукӏуна цо гӏалилал. Масала, махил, лъорил, миккил гъветӏщел.

Гьединго, гьедин абула цо кин букӏаниги къваригӏалие батӏатӏезабураб рохьил секторалде.