ГӀахьвалал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІахьвалал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ГӀахьвалал (гӀах. ашвадо) — магӀарулазде гъорлъ унеб гьитӀинаб миллат. Къадар — 6 азарго чи.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀахьвалазул кӀкӀалахъ инсан[хисизабизе | код хисизабизе]

Жеги Дагъистаналъул ракьалде тӀоцевесев инсан рештӀиялъул мухӀканаб баян гьечӀониги археологиялъул цӀех-рехалъе кодор щварал магӀишатиял алатаздасан хӀисаб гьабун инсан нилъер Эралдаса 300 азарго соналъ цеве,ай, полиолиталъул заманаялдаго рештӀун вукӀин чӀезабун буго гӀалимзабаз Северияб Кавказалъул ракьалда. Гьединго чӀезабулеб буго ракьул гьумерги жакъа нилъеда бихьулеб хӀалалъ гуреб гӀодоб биччараб къилбаялъулгун бакътӀерхьул рахъалдаса борхалъи рехараб, Севералдехун гьетӀи ккараб букӀанилан.

Гьеб тӀабигӀаталъул хисиялда цадахъго доб заманаялъ букӀараб гъветӀ-херги, рухӀчӀаголъиги нилъер Эралде щвезегӀанго кӀудияб хиса-баси ккун букӀинги. Доб заманаялъ гӀадамас хӀалтӀизарулел рукӀарал ганчӀил алатал ратун руго, Кайтагалда, Дербенталда, Усиша, ГӀандадерил хӀоразда сверухъ, Урма ва гь. б. Инсанасул гӀумруялъулъго гӀадин тӀабигӀаталъул гьумералъулъги цӀакъго чӀахӀиял хиса-басиял ккун руго, гӀазу-цӀадалъул, цӀералъул, гьури-квачалъул, ракь багъариялдалъун, вулканал раккиялдалъун, лъар-лъималъул къуваталдалъунги. Балагьизин нилъедаго цебе бихьулеб тӀабигӀаталъул гьумералъул хиса-басиялда:

ТӀокӀитӀа тӀад унаго нилъеда бихьула Тахо мегӀералъул борхалъи ва гьенисан чвахулеб лъаралъ гӀахьвалазул жаниблъиялда гъун бачӀун бугеб гамачӀ-гъегъги. Гьеб Тахо магӀардаса лъараца бачӀараб гамачӀ-гъегъ бахун буго лъарал гьумералдаса 700-800-го метраялъ тӀадегӀан, гьелъ нугӀлъи гьабулеб буго цо чанго азарго соналъ цебе Тахо лъарал чвахи гьаб бакӀалдасан букӀараблъи ва дагь-дагьккун лъаралъ ракь чурун кӀкӀал бахъун лъарал гьумерги гӀодобе ккун букӀин.

Гьединго тамашалъи гьабизе бачӀуна ТӀадмагъилъ росдада нахъа рештӀараб «АчицӀцӀа» абураб кӀудияб 30-35 куб. метра бугеб гамачӀ кин гьениб рештӀарабалиги. Гьеб гамачӀалъги нугӀлъи гьабулеб буго кидаялиго цебего цӀвакилазул кӀкӀал букӀинчӀолъи ва гьеб гамачӀги чӀчӀетал кьурулъан ракь багъаридал тӀун бачӀун гьениб чӀун букӀинги. Нилъеда умумуз бицунеб батана гӀахьвалазул мугӀрулгун кӀкӀалал чӀахӀиял накӀкӀил рохьаз ккурал рукӀун ругилан. Гьеб битӀахъ гьабиялъе гӀадин «ЧӀанди» кьо балелъул ракьулъан къватӀиб баккун бачӀана 60-70 см жиндир рохтиялда бугеб накӀкӀил чӀалу, тӀадго гӀаркьелалгун. Гьединанго накӀкӀил чӀалу-рахи батана «МукӀуди рахъе» - абураб кӀкӀал ччукӀун бачӀиндалги.

Бицунаан умумуз гӀахьвалазул кӀкӀалал цияз, гъалбацӀаз, цӀиркъаз, чундуз, бацӀаз ккураб букӀанилан. ГьабсагӀатги цо-цо бакӀазда цӀарал хутӀун руго гьез ханлъи гьабулел рукӀарал бакӀазда: «ГъалацӀилъигӀа», «ЧанакӀведамугъу», «БачӀолъикъе», «Шилъели» ва цойгидалги бакӀазда. Гьанже нилъеда данчӀваларо циги, гъалбацӀги, цӀиркъги. Гьел хисун цойги хӀутӀ-хъумур, хӀинчӀ-гъеду рештӀун буго тӀабигӀаталда рекъараб. Гьединанго нилъер берда цебе ракьул гьумерги хисулеб буго.

1946 соналъул 3 аб. июлалъ мегӀер ччукӀун бачӀараб лъаралъ Тахо лъарахъан эхеде 70 гектаралда букӀараб чӀахӀияб заз-хъарахъ, гъветӀ-хер щибго течӀого лъаралъ ана ва гъогъол гохӀалда гьебги сверизабуна. Щибго заз-хъарахъго букӀинчӀеб Зоноб кӀкӀалал ахалъи заз-хъарахъалъги ккуна. ГӀумруялъго кього хӀажалъулареб, гӀадан тӀасан гали бегьун хьвадулеб букӀараб Кванлъеросезул лъар, лъун кьогицин толаребгӀан кӀодолъана, рохьал дагьлъиялъ, лъимал бакӀ-бакӀаздасан къватӀире кӀанцӀиялъ. Гьединго нилъер умумуз бекьун пайда босулел рукӀарал хурзал хӀорго теялъ харил санда сверана. Инсанас гӀумру гьабун рукӀарал кули-мархьо, авал чӀвендалде сверана.

1883 соналъул июлалъул бай-бихьуда цӀвакил колодаса эхеде букӀараб мегъ хвезабун гъогъоде сверизабун буго «Агичалъи» рахъ ччукӀун щвеялъ. Гьел тӀабигӀаталъулъ ккарал хиса-свериялдасан лъугьарал нохъо-тӀокъоялдаса, гӀерекъ-гьодорлъиялдаса живго вахчизе пайдаги босун тӀоцеве ГӀахьвалазул кӀкӀалахъ рештӀарав инсанасги гьениб гӀумру гьабизе лъалхъен гьабун буго. МухӀканго ГӀахьвалазул кӀкӀалахъ инсан рештӀараб заман лъаларо.

ГӀахьвалал Узун-ХӀажил бодулъ[хисизабизе | код хисизабизе]

Февралалъул революциялдаса хадуб Дагъистаналъул халкъалъеги асар гьабула жалго жидедаго чӀей тӀалаб гьабиялъул нух ккун ине. 1917 аб. соналъул I маялъ Владикавказалда данделъараб съездалъ лъазабула Северияб Кавказалъул магӀарулазул Союз ва хӀукумат гӀуцӀараблъун. II маялъ пачалихъ гӀуцӀараблъун. 1919 аб. соналъул 19 аб. августалда ГӀанди хӀорихъ данделъула чачаналъулги магӀарулазулги бусурбабазул вакилзабазул съезд, гьеб съездалъ жалго жидедаго чӀеялъул къеркьеялъе церехъаби рищула. Дагъистаналъулги Чачаналъулги бусурбабазе имамлъун вищула ХӀоцоса Нажмудин, гьесул халифлъун(заместительлъун) СалтӀаса Узун-хӀажиги.

1917 аб. соналъул 3 аб. октябралъ гьебго суалгун съезд данделъула Владикавказалдаги гьенивги ХӀоцоса Нажмудин Северияб Кавказалъул бусурбабазул имамалъун вищула. Гьединан чияда бараблъун гьечӀеб, эркенаб, ращалъи бугеб пачалихъ гӀуцӀиялъе гӀоло къеркьеялъул нух ккун лъабго батъияб группаялъул къуват баккула ва Северияб Кавказграждан рагъул цӀадуе кӀкӀуй бетула 1917-1920 абилел соназ: Дениникиниде данде бусурбабазул гӀемерисез Узун-ХӀажилги ГӀали-ХӀажицаги рагъ бала. ТӀоцебесеб : Исламалъул кьучӀалда хасаб пачалихъ гӀуцӀизе къваригӀарал бусурбаби.

КӀиабилел: Горский хӀукуматалъулги Северияб Кавказалъулги цебеккун пачаясе хъулухъ гьабулел рукӀаразул вакилзаби, цебегосеб пачаясул гӀадлу-низамги бокьарал. Лъабабилелги: Социалистазулги большевиказулги къокъа, хӀалтӀухъабазулгун рекьарухъабазул хӀукумат, ай Советазул тӀалъи къваригӀарал. Гьеб заманаялъ Северияб Кавказалда большевиказул асар дагьаб букӀуна. Аслияб къуват букӀуна бусурбабазул цолъиялъулъ: Жидерго миллат, культура, мацӀ, дин, рукӀа-рахъин, гӀадат, ракь цӀуниялъул мурадгун. ГӀемерисеб халкъги бусурбабазул церехъабазда хадуб уна.

1919 аб. соналъул маялда Темир-Хан-Шура Деникинил хӀаракаталдалъун Горский республикаялъул парламент ва хӀукумат биххизе биччала. Дагъистаналъул диктаторлъун генерал Халиловги тӀамула. Дагъистаналда ва Чачаналда восстание багъарула. СевериябКавказалдаса Деникин вачахъизе рахъуна большевиказулги бусурбабазулги церехъаби. Гьеб заманаялъ чачаназул халкъалъе имамлъи гьабула СалтӀаса Узун-ХӀажица. Гьеб заманалда Терекалда II армиялъул цо часталъе команда гьабулев вукӀуна Гикало гьесда цадахъ лъугьун къеркьей гьабула Узун-ХӀажица Деникин Северияб Кавказалдаса нахъе гъезе. Социалистал ва большевикал хӀалимго, тамахго лъугьуна бусурбабазул руккелалде гъорлъе ва гьезул церелъеялги заманаялъ къабул гьарула ва гьезулгун гӀахьалаб мацӀги батӀула.

Узун-ХӀажияс Дышнинский рагъулаб хъулухъалдаса вахъула ва шаригӀаталъул судалде кьола, ахирги гьев большевиказ судги гьабун чӀвала. Большевиказ Узун-хӀажигун цадахъ рекъон Деникиниде данде къеркьеялъул мурад букӀуна Деникин Северияб Кавказалдаса нахъе къотӀизегӀан заманаялъе гьабураб рекъеллъун, хиянатлъиялъул цолъилъун. ХӀакъикъаталда Узун-ХӀажил рагъулаб къуват цӀикӀкӀараб букӀуна гьесие Гуржиязул меншевиказ 1919 аб. соналъул 15 сентябралъ битӀула 80 пулемет, 2 миллион патрон, цогидаб ярагъги лъабго офицерги ва рагъуе хӀажатабщинабги. Узун-ХӀажил аскаралъул Чечен-аулалъул рагъулъ Кренселидзеца, Тухарелица, Кавчавадзеца ва нахъиязги рехун тун Умаратгун халкъалъухъа рахъарал ва аскаралъул рукӀарал чуялги рачун Гуржиялъе тӀад руссуна.

1920 аб. соналъул 30 аб. марталда Веденов Узун-ХӀажи къадаралде щола ва кӀудияб къадруялда вукъула. Узун-ХӀажи хун хадув гьесул бакӀалда Инхоса Дарвиш МухӀама-ХӀажи тола? ХӀукумат биххула ва большевиказул нухмалъиялде гъоркье ккола. Рагъулабгун магӀишатияб буголъи Гикалол большевиказ ккола. Узун-ХӀажил армиялдаса Гикалол армия батӀалъула. Узун-ХӀажил армиялда рукӀарал цоял Гикалол армиялде гъорлъе лъугьуна, цойгиял рихха-хочун жиде-жидер бакӀалде тӀадруссуна. Цо тайпа Дарвиш МухӀамада хадур уна. II аб. армиялъул гӀадлу ва къуват щулалъула. 920 аб. соналъул марталда тӀубан бергьенлъи босула Деникинил армиялда тӀад.

ГӀахьвалазул ва цойгидалги бакӀаздаса Деникиниде данде рагъулел рукӀарал БагӀарал партизаназул отрядалги тӀадруссуна жиде-жидер бакӀазде. ГӀахъущалиса ГӀали-ХӀажил политика букӀун батани большевиказулгун рекъон, Октябралъул революциялъул рахъ кквей ва шаригӀаталъул гӀадлу Дагъистаналда лъай, Узун-ХӀажил политика букӀуна тӀубанго батӀияб – Дагъистаналдаги Северияб Кавказалдаги Исламияб хасаю Имамат гӀуцӀи – Россиялда яги лъидаго гьоркьоб жубачӀеб, жибго жиндаго чӀараб. Имамат биххцун хадуб Чачанлъиялъул ихтияр большевиказул квершаликье ккола ва Совет хӀукумат гӀуцӀула.

Чачаналъан тӀадруссун рачӀунел гӀахьвалазул партизаназе ГӀанди округ ХӀоцоса Нажмудинил ва Халиловасул аскаразул квершаликье ккун батула ва КӀаратӀаса ГӀахьвахъе нухалги къан ратула, гьез нух бахъула КӀванадаса сверун. ТӀадруссиндал Шамхвалица хехго ГӀахьвахъ ругел нухал къала ва партизаназул гӀадлу-низам лъугьуна. Узун-ХӀажигун цолъун гьабулеб къеркьей гӀахьвалазул гьеб бакӀалда лъугӀула.

Гьединан ракӀчӀараб хӀалалъ Имаматги гӀуцӀун Узун-ХӀажи-Шайих щулалъула Чачанлъиялдаго 1919 аб. соналъул 15 аб. сентябралъ генерал Дениникица Британиялъул рагъулаб миссиялде лъазабула:

« «ГьабсагӀаталда тӀолабго Дагъистан, тӀолабго Чачанлъиги восстаниялъ ккун буго Воостаниялъе рахъаразул къадар Чачаналъ бахуна 5 азарго, Дагъистаналдайин абуни 7 азаргоялде»[1]. »

Узун-ХӀажи-Шайхгун Гикалол аскарал Деникиниде данде къеркьеялъул заманаялда, ай 1919 аб. соналъул 9 аб. сентябралъ Дагъистсналда рещтӀун буго цадахъ турказул аскаргун Казим-бей ва гьес дагьабги хӀадурлъизабула Дагъистаналда рагъулаб ахӀвал-хӀал.

Гьесул мурад гьаб кагътидаса бичӀчӀула:

« «1918 аб. соналъул 21 аб. сентябралъ М. Дахадаев чӀван хадубги гӀахьвалазул партотрядалъ мугъчӀвай гьабула Соц. группаялъулгун нухмалъулезда: Дж. Къоркъмасовасда, С. Габиевасда, Х. Хизроевасда, гьезулго политик Ккурал ГӀалихӀажида, КъахӀиса ХӀасан-афандида, Узун-ХӀажи-Шайихасдаги. 1918 аб. соналъул 17 октябралъ Болъихъе вачӀуна Грозниялдаса 100 гӀан чи большевиказулгун Узун-ХӀажил рахъ ккурал, ГӀанди округалдасан Узун-ХӀажил аскаралде гӀадамал ахӀун Деникинил аскарал Северияб Кавказалдаса нахъе рачахъиялъулъ гӀахьаллъи гьабизе.

Гьеб заманаялъ Чачаналдаги, Ингушетиялдаги гӀуцӀун букӀуна шаригӀаталъул кьучӀалда хӀалтӀулеб Северияб Кавказалъул Имамат бетӀерлъуда Узун-ХӀажигун.Узун-ХӀажид аскаразда цадахъ Деникинида данде багъулеб букӀуна Терекалъул областалда букӀараб большевиказул армияги бетӀерлъуда Ф.Н.Гикалогун. Болшевиказ Узун-ХӀажигун цадахъ рекъон Деникинилгун гьабулеб къеркьей букӀуна заманаялъул къеркьейлъун. Гьеб Узун-ХӀажилгун Гикалол ахӀиялда рекъон Деникиниде данде рахъуна гӀахьвалазул 260 го рекӀарав бетӀерлъуда Шамхвал СалихӀовгун.

»

1919 аб. соналъул 18 аб. сентябралъ Дагъистаналъул правителасде хъвараб ГӀанди округалъул начальникасул ишал тӀуралев ХӀадис ХӀажиевичас жиндирго рапорталда баян гьабулеб буго:

« «1919 соналъул 17 сентябралъ Болъихъе рачӀанила 100 гӀурус большевиказул рахъ ккурав чи , Жиндие мутӀигӀал росабалъан Узун-ХӀажил аскаралде гӀадамал ахӀун, гьелдалъун гьарулила Дагъистаналъул хӀукуматалдаса большевиказул хӀукуматалде данде къеркьезе ярагъ, гӀарац, ххам биччаян.з Гьебго 1919 аб. соналъул сентябралъул бащалъуда Веденове вачӀуна чачанав Иналук Арсланалук (Дышниназул тухумалъул чи) Турциялъул СултӀанасул цӀаралдаса гьересияб грамотаги босун, Северияб Кавказалъул магӀарулазе Имараталъул пачалихъ гӀуцӀун букӀин лъазабун ва гьеб пачалихъалъул Амирлъун Узун-Хайр ХӀажи-ханги тун вугилан ва Имараталъул хӀукумат гӀуцӀула хадур рехсарал министралги тун: Дышнинский, генерал Каим-ХӀажи, МухӀамад Хамхиев, Билал Шамилов, майор Хабала Бесланов. ГӀабдула Азим ГӀабдулаев, МухӀамад Ханиевасдасанги. Имараталъул бетӀерлъуда Узун-Хаир ХӀажи-ханги тун. Гьеб хӀукуматалда гьоркьор ккун рукӀуна большевиказул вакилзабиги: Ханбала Бесланов ва МухӀамад Ханиевги. »

Имараталъул рагъулал къуватазде гъорлъе кколаан Гикалол XI армиялъул частги гӀахьвалазул,гъодоберисезул, балъхъадерил партизаназул отрядалги 1920 аб. соаналъул 31 аб. январалъ Гикалол 400 гӀанасев рагъухъан жаниве сверизавула Деникинил армиялъ Воздвиженский щулалъиялда, гьел хвасар гьаризе кколаан Дуба-Юрт росулъ чӀараб Дышнинскиясул аскаралъ. Гикалол армия гьеб бакӀалда гъурула Дышнинскиясул гӀайибалдалъун. Гикалол армиялъе кумек гьабичӀолъиялъе гӀоло.

ГӀахьвалазул наслу-тухум[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказалъул къавмал лъугьиналъул хӀакъалъулъ «Картлиназул пачалихъалъул гӀумру» - абураб историялъул хроникаялда гуржиязул историк Леонти Мровелица рикӀкӀухъе Кавказалъул халкъал раккиялъул байбихьи армяназул Кавкасионаздаса лъугьун букӀиналъул хӀакъалъулъ бицун буго. Л. Мровелица бихьизабулеб буго киналго Кавказалъул халкъалги цо инсудасан лъугьарал рукӀин ва гьес рикӀкӀухъе гьезул кӀудиясул цӀарги букӀун буго Таргомас. Гьев Таргомасги вукӀанила Таршисол, Иафетал васасул вас Наевал.

Таргомасил вукӀанила микьго вас: Гаос, Картелос, Бардос, Мовакан, Лек, Эрос, Эгрос, Кавкас абун. Гьезул тухумаздасан Кавказалъул къавмалги раккун рукӀин бицун буго. МагӀарулазде гуржияз лекӀалилан абухъего, дандчӀвалел руго гӀахьвалазул наслу-тухумалда ва мегӀер-гӀалахалда гуржиязда гьабсагӀатги ругел цӀаралги. Наслабазда ва гӀадамазда цӀарал руго: Картелал, Гугачи, Гоги, БечӀаро, Чангури, Чило, Чохили Сарикан, БачӀихо, Горгия, ТӀокъоши, КъватӀаши, ЧӀахи, Жухи ва гӀемерал гьездаго релъаралги. Гьединалго цӀарал руго гьез хӀалтӀизарулел рукӀарал мегӀер-гӀалахалдаги: Тахо, Туручи, ТогӀа, ЧӀчӀохали, ЧӀчӀванди, ЧӀанди ва гьел гурелги бакӀаздаги.

Гьел рехсарал цӀарал хасияталлъун кколел руго Армениязулгун Гуржиязул цӀаразда. ТӀоцебе гӀахьвалазул наслу-тухумалъе кьучӀлъуравлъун рикӀкӀунев Тахол ва гьезул лъималазул цӀаралги гьезулалдаго релъараллъун кколел руго.

Ислам баккизегӀанго гӀадамазда, наслабазда, тухумазда абулел цӀарал хутӀун руго гьабсагӀатги: ХьвацӀцӀо, Чарако, БечӀаро, ЧӀахо, Куто, Яримано, Ассо ва гӀемерал цогидалги. Гьел цӀаразги нугӀлъи гьабулеб буго Армениязулгун Гуржиязул наслабаздаса раккарал рукӀин мугӀрузул къавмал, гьезда гьоркьорго гӀахьвалалги.

Гьеб Тахол наслуялъул тухумаздаса данделъун руго жиде-жидер кули-авал, гьел росо ккун паракъалъунги руго:

  1. ТӀадмагъилъ росдал жамагӀаталда гьоркьор унел; ЧӀакъдари, ШагӀаге, ЧӀахололъи, ЧӀанди, Къоролалъикъе, Ассехъе, ЦӀцӀваколо, Мигъиштодо, Гьамиштадо, Щущукъаридо, Кьедокьидо, Хунзо, Квакъарадо – кулаби-авалал.
  2. КӀудияб росдал (Ашвадо) жамагӀаталда гьоркьор унел: Гъаштодо, ЦӀаракъанидо, ИцӀцӀалъидо, Секьидо, Дечидо, Жулилъадо, Лъаходо – абулел кули-авалал.
  3. Лологъонилъдерил жамагӀаталда гьоркьор унел: Хвадаколо, ГӀалолокъе, ГӀакӀиласукъе, Мазекьудо, Чохилъали, Хъачоли - абулел.
  4. Изандерил росдал жамагӀаталде гьоркьоре уна: Решвидо, ГӀанакъариде – абулел авалал.
  5. ТӀунсикьдерил жамагӀаталъул 8-го наслуялъул батӀа-батӀа тӀурал авалал рукӀана, 1944 абилеб соналъ Чачаналъе гочинегӀан гьелги кисан щиб къавмалдасан рачӀун чӀаралали лъаларел, гьезул цониги цӀараки тӀадбуссунги бачӀинчӀо, гьезул 8-абго наслу цоцалъ жубан лъугьараб росдаца, росуги Хасавюрт районалъул «Гъарасу» хъутаназда бан буго ва гьенир рештӀун руго; Куто, Ачодо, Яримано, АнцӀцӀилъарадо, Эчоли, Мукьугъадаридо, Ассо, Ахоколодолазулги тухумал.
  6. «Ахвахдара» - абураб росо гӀун буго Азербайджаналъул Закатала шагьаралда аскӀоб, гӀахьвалазул Ӏ730 аб. соназ Чулак Сурхай ханас рагъулъ рачун арал гӀолохъабазул 29-ялдасан 8-яв ракьги кьун паракъат гьавун вукӀун вуго Данача-абулеб бакӀалда, гьениб гьава-бакъ рекъечӀого Закаталаялъул мугӀрул ракьанда паракъалъун руго, гьелги батӀи-батӀиял тухумаздасан данделъарал ккола.
  7. ГӀахьвалазул росаби гӀун руго авлахъалъул ракьаздаги.

1957 абилеб соналъ Чачанал тӀадруссун хадуб Хасавюрт районалъул Къамиш хъутада гӀун бачӀана 1950 абилел соназдасанго дагь-дагь ккун гӀахьвалазул КӀудияб росдал, Изандерил ва Лологъонилъдерил росабазул тухумаздаса цолъараб «ЦӀияб гӀахьвахъ» абураб росоги.

  1. Бабаюрт мухъалъул Гъази-юрт гъутаналда гӀун бачӀана ТӀадмагъилъдерил цо чанго тухумалдасан данделъараб Гъази-юрт росоги 1957 соналъ, Уцмуу-юрт хъутанги ТӀаносезе росо лъезе тун, чачанал тӀадруссун хадуб, ай 1957 аб. соналъ.
  2. Югалъул гӀахьвалазул; Лъануб, ЦӀегоб, Рокьуб росабазул хӀакъикъат щибаб росдал батӀа-батӀа баян гьабун буго.

Росабазда, авалазда, кулабазда цӀарал лъун руго гьеб бакӀалда байбихьуда рештӀаразул яги гьеб бакӀалъул географияб тӀабигӀаталда рекъон. Мисал: ТӀадмагъилъ – тӀасияб магъилъ букӀиналъ, ТӀунсикь – Харикь – абураб рагӀул магӀнаялда, гӀахьвалазул мацӀалда «тӀунсикь» - хер абураб рагӀи ккола. КӀудияб росо – гӀахьвалазул росабазда гьоркьоб гьеб бищун кӀудияб букӀиналъ, жидецаго гӀахьвалаз гьеб росдада абула «Ашвадо» - тӀолалго гӀахьвалаздаго сверухълъиялъ «Ашвадо»- йиланги абула.

ЦӀвакил Кули, Изано, Кванкъеро, ЧӀанди, ШагӀа, ЦӀегоб, Рокьоб, Лъоноб – гьел гӀадамазул цӀаралда хутӀун руго, росо-авал гӀуцӀизе цебеккун гьеб бакӀалъул бетӀергьабилъун рукӀаразул яги хадубккун гьенир ккаразул цӀарал лъун.

Масала: ЦӀвакил Кули – гьесул кули букӀараб бакӀалда гьесул тухумалъул росо гӀун. Кванкъеро – гьев канлъукъав чиясул кули букӀараб бакӀалда чанго тухумалъ росо лъун. ГӀалолокъе – ГӀали абурав чиясул колода гьесул тухумалъул авал гӀун. Лъаноб, Ц!егоб, Ракьобги гӀадамазул цӀарал ккола, гьелъие нугӀлъун буго 1886 абилеб соналъ Дагъистаналъул администрациялъ гьабураб переписалдаги гьединал гӀадамазул цӀарал цереса-цере лъун рачӀун рукӀиналъги.

Цебеккун гьеб ракьалда гӀумру гьабун яги гьеб ракьалъул бетӀергьабилъун рукӀаразул, яги хадубккун гьеб кули-мархьуялъул бетӀергьаби хисун цойгидазухъе ккаразул цӀарал лъунги:

Масала: ЧӀакъдар, ярагъололъи, ШагӀва-ге, Къоролалъи къе, ЧӀанди, Гъашто, ЦӀваки, Кванкъеро, ГӀали (ГӀалолокъе), Мази (мазекьухъ), Ч!ахи (ЧӀахололъи), ЦӀего (ЦӀего росо), Лъена (Лъануб росо), Ракьо (Ракьоб росо) – гьеб цӀар щвезегӀан Ракьоб росдада абулаан «Ригьидо»-йилан – «ригьа» абураб рагӀиялъул магӀна ккола бечӀчӀулеб гӀиял рехъенилан абураб, гӀахьвалазул мацӀалъ). ЧӀанди абурав чиясул цӀаралда ва гь. ц. Гьел росабазда, авалазда лъурал цӀарал ккола тӀоцеве гьеб бакӀалда рештӀарасул яги гьесул милклъун букӀараб бакӀалда абулеб цӀар.

Руго авалал, кулаби къватӀисан рачӀун чӀаразулги: Хунзо – Хунзахъан, Гьамишдо – ГьамиштӀасан, Ачодо – ГӀарчусан, Эчедо – Эчедисан, ГьоцӀалъан, ТокӀитӀасан, Гьемерсосан, Хъвенедо – Хъвенисан рачӀун чӀаразул.

Гьебго къагӀидаялъ бакӀалъул хаслъиялде, бетӀергьабазул цӀаразда, гьеб кули, мархьо, нохъо, ицц, къулгӀа, лъар, мегъалъул щибаб бакӀалда, мегӀер-гӀалахалда хасал цӀараздалъун хьухьун буго тӀолго гӀахьвалазул ракь, мекъи ккеларо цо квадратияб километраялда гьоркьохъеб хӀисабалъ 80 - 90 цӀар бугин абуни. ГӀахьвалазул къавмалъул щибаб росдал хӀакъикъат-къисмат батӀи-батӀияб буго.

Тахо мегӀералъул Югалда гӀахьвалазул ракьул гӀорхъиялъе хъаравуллъиги, ва риидал общинаялъул чуязулгун оцазул милатги гьабизе Ӏ640 абилел соназ цо лъаратӀисезул тухумалъе гӀахьвалазул общинаялъ изно кьола ракьалда росо базе ва жидер ракьалдаса пайдаги босизе. Гьеб тухумалъул росдае цӀарги кьола «Ракь гӀахьвахъ» абун, гьеб росдада гӀахьвалаз абулаан «Лъа ашвадо» йилан, ай «тӀасиял гӀахьвалалилан». «Ракь гӀахьвалазул» жамагӀаталъулгун ригьин-цӀаялъулги хурхен букӀунаан ва гьабсагӀаталъги цоцалъ гӀагарлъи-божилъиги буго, мацӀ гӀахьвалазул гьечӀониги.

Ӏ460 абилел соназ гӀахьвалазул, багвалазул, чӀамалазул халкъалда Исламияб дин билъанхъизабизе вачӀарав ХӀажи-ГӀалида цадахъ вачӀун вукӀуна 6- гӀанав чи, гьел рукӀуна ГӀагараб Азиялъул вилаятаздаса гӀадамал.

Гьел церехун рехсарал, къавмазе Исламияб динги малъизе, малъараб босуларев гӀадлуялдеги цӀазе цадахъ рачарал рукӀуна. Гьезул цо бутӀа Хундерилгунги Гьидерилгунги Хучаде ккараб рагъулъ накълунлъула, нахъе хутӀарал ХӀажи-ГӀалица жиндир бикьун щвараб ракьул бутӀаги кьун «Хьвара» абураб бакӀалда тархъен гьарула. Тархъен риччараз гьениб росуги бала. Гьез росу лъун букӀараб бакӀалда гьанжеги «Лагъело гъве» - ян цӀарги хутӀун буго, гьезул росо букӀараб бакӀалдаги чӀвендал руго.

Хъизамалги гӀемерлъидал, дагьаб ракьалда гӀумру гьабизеги захӀмалъидал гьезул хӀукму ккун буго жодое санагӀатаб гӀатӀиракь балагьизе.

Гьел гьирида уцнел рукӀун руго ГӀавхъалъ ва гьезул къотӀиги ккун буго чачаназул Зандакъи росдал жамагӀаталъулгун гьенире гочине. Жидер ихтияр кодосев ХӀажи-ГӀалил васасулги васасул вас Мусадасаги Кванкъеро росдал жамагӀаталдасаги балъго цо пуланаб сордоялъ Занол къварилъи тезе ва Зандакъи рештӀине. Гьединан гьабунги буго, гьеб ккола Ӏ620 абилел сонал. Гьелги ккола тӀоцере ГӀахьвахъе къватӀисан ХӀажи-ГӀалица рачун рачӀараздасан. Гьезул цо-кӀиго цӀа-раки Мусал къавудаго хутӀула, гьездаса ккола Ашаколоца росо тезе ккедал гьес цадахъ рачарал «КъекӀоло» наслуги Гъагъалъ рештӀарал. Живго Ашакола кколаан ХӀажи-ГӀалил тухумалдаса.

Гьел ХӀажи-ГӀалица тархъан гьарун рукӀаразул кӀудияв вукӀун вуго ХъватӀа, гьесул хобги СулейманхӀажил минаялда цебе, колода бугин бицен буго. Гьелдаса хадур ГӀахьвахъ рештӀараллъун ккола ТӀунсикь авалал лъун рукӀарал жал кида ва кисан рештӀарали лъаларезул 8-го тухум.

Хадуб байбихьула чабхъеназул заман. ГӀахьвалазе чабхъенал гьаризе рес ккола Ӏ730 абилел соназ Чулахъ Сурхайил бодулъ арал гӀахьвалазул гӀолохъабаздасан 8-9 чи Закаталаялда гӀагарда гӀумру гьабизе паракъалъун хадуб, ай Ахахдара росо гӀун хадуб. ХУШ аб. къарнуялъул ахиралда ХӀХ аб. къарнуялъул авалалда цӀакъго гӀадатлъун билъанхъула чабхъада ун Гуржиялъан, Терекалдаса гӀадамал хъами ва гьезул боцӀи-панз гъачагълъиялъул къагӀидаялъ тала гьаби.

Чабхъада ун Християнал хъамиялъул кӀиго мурад рикӀкӀунаан. Цо рахъалъан хъамун рачӀарал Исламияб диналде руссинаризе щвей рикӀкӀуна кӀудияб кири бугеб ишлъун, цойги рахъалъан Чабхъадулазе гьел ричун щолеб хайирги. Гьединан Чабхъадулазул къокъаби гӀахьвалазулги рукӀунел рукӀун руго ва гьезие цебехъанлъи гьабулеб букӀун буго Гожоца, Къурбаница, ХӀатӀулас, ГӀабдулкъагьирица, Ибрагьимицаги.

Хъамун рачӀарал гьез ричулел рукӀун руго, рес бугез жидеего лагъзаллъун росулелги рукӀун руго. Гьединан хъамун рачӀараздасан йичун йосун йиго ТӀадмагъилав ГӀадалоца цо яс ва кӀиго чиги.

Йичун йосарай, жиндирго лъади хведал, ГӀадалоца лъадилъун ячуна ва гьесие цо ясги гьаюла, гьелда цӀарги Тамара абун лъун буго. Гьединан цадахъ гӀумру гьабулел рукӀадго жодор яц ГӀахьвахъ росасда йикӀин лъарал гьелъул вацал, яц цӀехон ГӀахьвахъе щола.

Вацаз яц жодохъ тӀадюссин тӀалаб гьабула. ГӀадало гьезул тӀалабалда разилъуларо. Гуржияз ГӀадалое жидер ячцгун Кахетиялде вачӀани ГӀахьвахъ гьесул бугелдаса чанго нухалъ гӀемераб ракьги, лъикӀаб мина-азбарги кьезе къотӀи гьабула, кинниги ГӀадало мукӀурлъуларо. Гьесул лъади Барварацаги инкар гьабула вацазда цадахъ ватӀаналде тӀадюссине. ГӀадалол лъикӀаб магӀишат-рес букӀуна ГӀахьвахъги. Кинниги ГӀадалое захӀмалъула лъадудаса ватӀалъизеги, гьелъул ункъго вацасул адаб рехизеги. ГӀадалоца Варварада абула, ункъго вац мун цӀехон дуда хадур рачӀун ругелъул, гьезул адаб рехараб жо бегьиларо, мун вацаз абурабги гьабун гьезда цадахъ ине ккела ясги дихъ тун.

Варвараца вацазда абула жиндир Исламияб дин дое щведалги цӀунизе ккей, росасе ине кканиги бусурманчиясе гурони кьунгутӀизе. Гьеб къотӀи-къаялда Варвара вацазда цадахъ Ганжа гӀурухъан эхеде, Кахетиялъул росаби рихьулеб магӀарде тӀадеги щвезарун ГӀадало тӀадвуссуна. Варварал яс Тамара росасе кьола, гьанжеги гьелъул цӀар цебесе-цебе лъун Чаракилазул наслуялда гьоркьоб хутӀун буго.

Гьевго ТӀадмагъилъав Ражиханил ГӀадалоцаги ричун росалу чабхъадулаз Гуржиялъан хъамун рачӀаразул кӀигояв. Цоясда цӀар букӀуна Иван, гьесда цӀар хисула Иман-ГӀалийилан, гьев Исламги къабул гьабун, иманалдеги вуссун, как-диналда тӀадчӀей гьабула ва Исламияб гӀадлуги цӀалун мадрасалдеги хьвадун лъикӀав гӀалимчи лъугьиндал жамагӀаталъ цебе как базе имамлъи гьабизеги тӀамула.

Цо хер бецул гӀужалъ кӀиго васги рокъов тун рос-лъади харда ун рукӀуна, рагъида бакъвазе белъараб куракул гагаги лъун. ТӀадруссун гьел рачӀиналде кӀиявго вас хун ватула гьорон чахьалгун. Гьелда ракӀ бакъварав гуржияв анкьидасан тӀурун ун ватула. Цо моцӀидасан кагъат щун буго жамагӀаталде жинда хадур рарал какал рецӀейилан, кӀалалъ жив кин кӀалъаниги ракӀ жиндир иманалда букӀинчӀилан. КӀиабилев лагъ Сулиги тархъан гьавун вуго «ЧӀохалилъ» абулеб колода, гьесул наслуялъул жеги нахъе чагӀи руго.

1886 аб. соналъ пачаясул администрациялъ Дагъистаналда гьабураб переписалда дандчӀвана КӀудиябросолъ лъабго лагъасул цӀар:

  • ЯрагӀали Иван огъли – 60 сон.
  • КъурбангӀали ГӀурус огъли – 80 сон.
  • Барбара Иван гъиз – гьей ГӀалигъалбацӀида росасда йикӀун йиго, гьесие гьавурав Сердила цӀар лъурав Ӏ3 сон барав васги вукӀун вуго. Гьелъул росги цӀар хисун бугониги, вукӀине бегьула гьезда цадахъго вукӀарав чи.

Гьел руго дол Терекалъул Казакал Веденоре 1840 аб. соналъ Иман Шамилихъе лъутун рачӀарал, Имамас кагъатги хъван Гъоркьа Бакълъухъа дибирасухъе ритӀун рукӀарал, гьенир тархъанги гьарун, Датуналъул гьатӀаналде християн диналдаги тун. Гьенир Кьуру мухъалъулаз чӀван хутӀаразул лъутун унаго ГӀахьвахъе щварал, цинги КӀудиябросолъав ГӀакъилица хвасарги гьарун жиндирго милкалда тархъан тарал.

Гьел хъизамазул 1950 абилел соназ ЯрагӀали Иван огълил вас Яра МухӀамадил Пайзула абулев вас ва цо ясги ЦӀоралде арал тӀокӀалъ тӀадруссинчӀо, гьезул нахъе наслу-тухумги хутӀун гьечӀо. ЦӀоралде аразул хӀакъикъатги лъачӀо.

Гьединалго дагьал цӀаракаби Изано, Лъанур, ЦӀегор, Ракьурги руго, гьединаб къисматалъ ккаразул. «Ракь ГӀахьвахъ» - абураб цӀар кьеялъеги гӀиллалъун кколеб букӀун буго, гьел рештӀараб бакӀ гӀахьвалазул милк букӀиналъ ва гӀахьвалаз тархъинет тарал рукӀиналъги. 9/ХӀ-1928 абилеб соналъ Дагъ. ЦИКалъ, ай КъахӀиб район гӀуцӀарабго «Ракь ГӀахьвалазул» росдае жидерго росо Ракьуб росдал Советалдаса батӀа гьабун росдал Совет гӀуцӀула, гьелде щвезегӀан «Ракь ГӀахьвалазул» жидерго батӀаго росдал Совет букӀинчӀо, Ракьуб росдада цадахъ рукӀуна. 25/ХӀ-1932 абилеб соналъ Дагъистаналъул ЦИК-алъул хӀукмуялдалъун «Ракь Г!ахьвахъ» абураб цӀар хисун «Дагъбаш» абураб цӀар кьола. Ц!ар хисиялъе гӀилалъун ккола Болъихъ районалдаса батӀа гьабун ГӀахьвахъ район рагьи, ГӀахьвахъ росоги ГӀахьвахъ районги батӀа гьабизе лъангутӀиялъ. «Ракь ГӀахьвахъ» росдада «Дагъбаш» абураб цӀар лъеялъул предложение кьун бугог Дагъ. ЦИКалъул Секретарьлъун вукӀарав, гьеб росолъеги щун вукӀарав Ш. Даветовас «МугӀрул тӀогьиб» абураб лъарагӀазул рагӀиялдаса.

Гӏахьвалазул къавмалъул наслабазул байбихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Кванкъеро ватӀан тӀамурал «КъвечӀола», кӀудияб росолъ ватӀан тӀамурал «ГӀелола» ккола Ӏ450 абилел соназ Ислам билъанхъизабизе вачӀарав Шамалъул (Сирия) ХӀасанил вас ХӀажи-ГӀалил наслуялдаса, гьесул наслуялъул тухумал ккола КӀудияб росолъ Шамил-ХӀажиясул, ХӀажи-Мусалги. ХӀажи-Мусал наслуялде гъорлъе ккола КӀудияв Гъарагъазиясул лъимал, МусахӀажияв, ХӀасахан-ХӀажиявги Шамил-ХӀажиясул тухумалде ккола КӀудияв ХӀажиясул, ГӀащикъ-МухӀамадилазул, Хъехъаласулалги.

«ГӀело» - абураб гьеб наслуялъе цӀар щун буго гӀемерал гӀалимзаби рахъараб наслу букӀиналъ. «КъвечӀо» абураб цӀар щун буго хвалчадулав абураб рагӀиялъул магӀнаялда. Кванкъеро авалалда «КъвечӀоло» наслуялде гъорлъе ккола ГӀали-хӀжиясул, Ишвадасул ва ХӀасанилалги (ХӀусендибир-хӀажи, Нуцалхан, КъвабичӀалавги).

Жидер къисматалъ гӀахьвалазул кӀкӀалахъ ккаразул: ДегӀенчолазул, ГӀакӀвачолазул, Царакилазул, Хунзахъа ГӀалимусал, ГьамиштӀаса-Даниялазул, ЦӀатӀанихъазул, Хъвенисезул, ГьоцӀдерил, Гуржиялъа, Гъагъалъан, Лъебелалъан, ТӀунсикьдерил микьго наслуялъулги, - гьединго Лъаноре, ЦӀегоре, Ракьуре рештӀаразулги хӀакъикъат къокъго рехсон буго. Изано – мачилазулги Лологъонилъ Сулилазулги наслу гуржиязулалдаса буго. Изаноса ГьитӀинамухӀамадилазулги, Кванкъероса КотӀемухӀалазулги, Лологъонилъан ГӀалоло колода рукӀаразулги наслу цӀатӀанихъазул ккола.

Гьелго Изаниса ГъазимухӀамал ХӀусенилал, ВаскӀилал ункъракьалъул Хъвенисан рачӀарал ккола. КӀудияб росдал Дамичикьол ва Жулилъани гӀадамалги къватӀисан рачӀун БакъохӀажияс паракъат гьарурал ккола. ТӀунсикь росдал микьабго наслуги къватӀиса рачӀун тархъен гьарурал ккола. Лологъонилъ росдал анлъго наслуги гӀахьвалазул росабалъан ун гьездасан лъугьараб ккола. Югалъул ГӀахьвалазул наслабазул къисмат, гьезул щибаб росдал тарихалда баян гьабун буго.

Тахол насибалдаса лъугьарал тухумазул мухӀканаб силсил гьабун бажаруларо, гьелдалъун умумуздасан цереса-цере щвараб бицадасан гьабураб буго гьаб таблица.

Тахола
Туручила
ТурагӀа — Кьедаха
Ашва — Аша — Занола — Изанола
Гъаштила — Ракьо — Кванкъеро — Чили

Таходе щвезегӀанги гьесдаса хадуб нилъеде щвезегӀанги аза-азар умумул ун рукӀуна цереса, 100 соналда жаниб 4 эмен хисула, гӀага-шагарго. Гьединан цо азарго соналъе, балагьеха, 40 эмен хисун ватулев вуго. Ислам баккаралдаса 57 эмен хисун вукӀине кколев вуго. Дица бацӀадаб кагъат толеб буго нужедаго лъалел умумузул сияхӀалъе. Инсул наслу лъугӀун ине бегьула, амма, гьеб цойгидаб наслугун жубаларо, амма тухумазде бикьула.

Руччабазда хадуб наслуялъул цӀарги унаро, бихьиназда хадуб гурони. Цоцазулъ гӀагарлъиялъул цӀар тӀагӀаниги наслу-тухумалъул цӀар холаро, цо чиниги гьеб наслуялъул бихьиназул нахъа вукӀун.


БакӀазда ва гӀадамазда цӀарал ракки[хисизабизе | код хисизабизе]

Кинал ругониги халкъалда гьоркьор динал раккизегӀан ва жодор цо бакӀалда чӀчӀун магӀишат гьабун тархъизегӀан ГӀахьвалазул къавмалъул гӀадамазде ахӀулел цӀаразул хӀисаб гьабураб мехалъ бихьулеб буго лъимер гьабигун гьеб лъимералда хасаб цӀар лъолеб букӀинчӀолъи, гьединан харабазги бицунаан.

Гьеб лъимералъул хадубккун загьирлъараб гӀамал-хасияталда яги куц-мухъалда, яги хӀутӀ-хъумуралда, хӀинчӀ-гъедоялда, гъветӀ-хералда ругел цӀарал лъолел рукӀун руго. Мисалалъе: Халатав, Къокъав, ГьитӀинав, ЧӀегӀерав, БагӀрав, БахӀарчи, Багьадур, Лебалав, Рекъав, Беццав, КвачӀикъ, Ццидалав, Хъарччигъан, Хъергъун, Бугъа, Гъвала, ГъалбацӀ, ДегӀен, Ракьа, Лълъар, Лъен, Чан, ГӀорто, СахӀ, Лачин, Берцинай, ЧӀухӀарай, Микки, Мокъокъ, Чагъана, Чалухъай ва гь. ц.

Обществоялъулъ политикияб экономикияб хиса-баси ккеялда цадахъ гӀадамазда лъолел цӀаразулъги чӀахӀиял хиса-басиял ккун руго. Масала: МагӀаруллъиялда христян дин хӀалтӀулеб заманаялъ гуржиязулгун-эрмениязул цӀарал лъезе лъугьун руго: Гоги, Гугач, Жули, Кута, Дечи, Чохили, Чило, Чангури, ЧӀанди, БечӀаро, Моссе, Марьям, ИлитӀа, Тамара, Барбара ва гь. ц.

Исламияб диналъ християн дин хисигун раккула цӀиял цӀарал; МухӀамад, АхӀмад, Абубакар, ГӀусман, ГӀали, ГӀумар, Муса, ГӀабас, ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, Къурайш. Цебегоялдаса гӀарабиязул улкаялдаги лъолел рукӀун руго моцӀ-цӀваялда, бакъалда ва цойгидалги хӀайван, хӀутӀ-хъумуралда ругел цӀаралги: Бадрудин, Нажмудин, Шамсудин, Шарапудин, Садрудин, Асвад, КагӀба, Макка, Асад ва гь. ц.

Дагъистаналда Совет власть щулалъун хадуб ва Большевиказ марксистияб тарбиялда халкъ куцаялъ гӀахьвалазул обществоялъеги исламияб диналъулъ чучлъи ккола ва гӀурусазулгун христианазул цӀарал лъезе байбихьула: Пушкин, Киров, Чкалов, Сергей абун. Гьанже гьел цӀарал лъеялда ракӀ бухӀарал эбел-инсуца, цо-цояз жидер лъималазда лъун рукӀарал цӀарал – Сергейида-Сиражудин, Кирода – Киса, Чкаловасда – Чанахъан абун хисула.

ГӀахьвалазул обществоялде гьоркьоре кколел росабазул гӀадамазде гьанжеги щибаб эпохаялда гьоркьор загьирлдъарал цӀарал гӀемер дандчӀвала цереса-цере лъун. Гьединалго цӀарал дандчӀвала цебегоялдаса кули-мархьуялда гьелъул бетӀергьабазда лъурал цӀаразулъги. ГӀемерисеб кули-мархьуялда гьелъул бетӀергьабазул цӀарал руго. Цо-цо бакӀазда гьеб бакӀалъул географияб хаслъиялде балагьун кьун руго цӀаралги.

ГӀицӀго ТӀадмагъилъ жамагӀаталъул ракьалда иццгун къулгӀаялда 37, мегӀер-гӀалахалда 98, рохьазда 26 гӀадамазул цӀарал руго. Гьединан руго нахъиял росабазул жамагӀаталъул ракьаздаги.

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Ф.446, ОП.2, д.646, л. 292