Перейти к содержанию

Белгород

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Белгород ккола Россиялъул жанубияб рахъалда бугеб шагьар, гьелъул гӀемерисел бутӀаби руго Северский Донецалъул кваранаб рагӀалда, Доналъул бутӀалъун кколеб гӀурул. Белгород Москваялдаса батӀа гьабулеб буго гӀага-шагарго анкьнусго километралъ, Россиялъулгун Украиналъул гӀорхъодаса лъебергогӀан километралъ гурони. Белгород областалъул гӀорхъаби руго Украиналъулгун, гьединлъидал украиналъулал ккола гьеб территориялда гӀумру гьабулел миллатазул къадаралъул рахъалъ кӀиабилеб бакӀалда (гӀурусаздаса хадуб). ГӀаммаб куцалда Белгород мухъалда гӀумру гьабулеб буго нусиде гӀагарун миллаталъул вакилзабаз.

Шагьаралъул рагӀалда ругел Белгородалъул районазде гъорлъе уна шагьаралда гӀагарда ругел цо чанго росаби, хасго Северный, Майский, Таврово ва цогидалги. ГӀаммаб куцалда Белгородалда ва гьелъул сверухълъиялда гӀумру гьабулеб буго гӀага-шагарго щунусазарго чи.

Белгород шагьар ккола рагъулаб машгьурлъиялъул шагьаразул цояблъун; Гьанжесеб Белгород ккола бацӀцӀадаб ва санагӀатаб шагьар; нусгоялдаса щунусазарго чияс гӀумру гьабулел шагьаразул тӀолгороссиялъул рейтингалда гьел критериязда рекъон цо гуреб нухалъ тӀоцебесеб бакӀ кквей гӀадада гуро.

Белгород шагьаралде гъорлъе уна кӀиго мухъ, гьезда абулаан БакътӀерхьул ва Бакъбаккул абун, цебе (1993 соналде щвезегӀан) гьезда абулаан Октябрьский ва Свердловск мухъал абун. Шагьар гӀезегӀан кӀудияб буго, гьелъул къватӀазул гӀаммаб халалъи буго 4,5 нусгоялдаса цӀикӀкӀун километр.