Байбур

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ба́йбур (Starling: bájbur) – гендерил (Генуб росулI) росулIасеб мифологияб рижи.

Байбур гендерида лъала чагIазул куц-мохъги, гьезул гьаракьги босун гIадамал гуккизе ва гьезул лугби мортизаризе къватӀибе бахъунеб хъублъи букӀин.

Генал божула, Байбурица босизе бегьулин щив вукӀаниги чиясул эбел-инсул гьаракь ва гьезул гьаркьица ахӀизе бегьулин гьесул цӀарин. Гьелъие жаваб кьезе бегьуларо, кьунани – яги лага мортлъула, мачӀхала, яги – рокъосачи ракьукье ккола. Эбел-инсудаса гьев рикӀкӀада вугони (масала, эбел-эмен Генур, вас – Маскавалда) гьеб цӀакъ хехго лъала. Рокъор киналгоги рукӀун, эбел-эменги цоги рокъорхунги тун, гьезул гьаркьица жо ахӀун хадуб, гьайгьай, бокьарав чияс жаваб кьола. Щиб-ан абун аскӀове вас щун хадуб, эбел-инсуца, жидеца мун ахӀулев вукӀинчӀин абун хадуб, лъалацинги Байбурица гьесде бер рехун букӀин. Гьеб мехаца абизе кколила: «Байбур, гӀор тун эхебе а, гӀор тун эхеде а»-йин абун.

Байбурил букӀине бегьулила халатккараб лахӀчӀегӀераб, тӀад канлъул къинцӀ чӀолареб, лага. Гьурмал бецӀлъуца гьелъул сипат-суратго бихьуларо. Аммайин абуни, бихьизего, гендерил харбида рекъон, гьеб чӀолеб рагӀуларо.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесеб авар мацӀалда гьадинаб кьибил лъаларо. Тюрказул мацIазда bajbür «бацIил когIо» абураб магIнаялда дандчӀвазе бегьула, амма гьеб букӀинадай авараб формадул иццин абураб жо щакаб жо буго.