Перейти к содержанию

АхӀмад Давудогълу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан

АхӀмад Давудогълу (тур. Ahmet Davutoğlu; гь. 26 февралалъ 1959, Кония, Турция) — турциялъул пачалихъияв ва политикияв цевехъан. БетӀерлъи гьабулеб РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партиялъул цевехъан 2014 соналъул 21 августалдасан байбихьун. Турциялъул премьер-министр 2014 соналъул 28 августалдасан байбихьун.

Гьавуна 1959 соналъул 26 февралалъ Кония илалъул Ташкент мухъалда (Турция).

Гьоркьохъеб лъай щвана Истамбулалъул бихьиназул лицеялда. 1983-84 цӀалул соназда лӀугӀизабуна Босфорил университет (Истамбул) кӀиго рахъалъул лъайгун: «Экономика» ва «Политология ва халкъаздагьоркьосел бухьенал». Вузалда цӀали цебе бачунаго, магистрасул даражаялде вахана, «Пачалихъияб цебе бачин»-алъул рахъалъ ва докторасул даража щвана «Политология ва халкъаздагьоркьосел бухьеназул» рахъалъ.

1990 соналъ мугӀалимасул хъулухъ тӀубазе лӀугьана Малайзиялъул Халкъаздагьоркьосеб Исламияб Университеталде. Гьениб рагьана политологиялъул кафедра, 1993 соналде щвезегӀан жинцаго бетӀерлъи гьабураб.

1993 соналъ доцентасул цӀаралъе мустахӀикълъана. 1995 - 1999 соналде щвезегӀана Мармара Университеталда халкъаздагьоркьосел бухьеназул кафедраялда хӀалтӀана.

1998—2002 сс. ахӀун вачӀарав мугӀалимасул хӀисабалда лекциял цӀалана Турциялъул ЯргъидагӀуцӀарал къуватазул Академиялда ва цогидал рагъул академиязда.

1999—2004 сс. хӀалтӀана Бейкент Университеталъул профессорасул хъулухъалда, идараялъул шураялда гӀахьаллъи гьабуна, гӀалимзабазул шураялда вукӀана, халкъаздагьоркьосел бухьеназул кафедраялъе бетӀерлъи гьабуна, ахӀун вачӀарав мугӀалимасул хӀисабалда лекциязул курс цалана Мармара Университеталда.

2003 соналъул 18 январалъ Турциялъул президент АхӀмад Неждетил ва премьер-министр ГӀабдуллагь Гюлил хӀукмоялдалъун АхӀмад Давудогълуе кьун букӀана ГӀадаталдаса борчӀараб ва Ихтияразул вакиласул даража.

2009 соналъул 1 маялъ гьев лъуна Турциялъул къватӀисел ишазул министрасул хъулухъалда, ва гьеб цебе бачана 2014 соналъул 28 августалде щвезегӀан.

2014 соналъул 21 августалъ гьев вищана бетӀерлъи гьабулеб РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партиялъул цевехъанлъун[1], ва 2014 соналъул 28 августалъ вихьизавуна Турциялъул премьер-министрасул ишал тӀубалевлъун[2]. Хадусеб къоялъ киналго рекъон Турциялъул парламенталда божилъи щвана. 2015 соналъул 9 июналъ премьерасул хъулухъалдаса нахъе ине бокьи лъазабун кагъат хъвана[3]. 2015 соналъул 28 августалъ РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партиялъул 13 министрасдасан ва батӀиял партиязул 13 министрасдасан гӀуцӀана заманаялъулаб хӀукумат, 2015 соналъул ахиралда рищиял лӀугӀизегӀан пачалихъ цебе бачне букӀине.

АхӀмад Давудогълул хӀукуматалъул гӀуцӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]
ХъулухъСиясатчиясда цӀарХъулухъалде вачӀараб заманХъулухъ лӀугӀизе тараб заман
Премьер-министрАхӀмад Давудогълу28 август 2014
Премьер-министрасул информалатазул ва гӀелмабазул вакилБюлент Арынч1 май 20099 июнь 2015
Премьер-министрасул диниял ишазул ва тӀолабго турк халкъазул ишазул вакилНуман Куртулмуш29 август 20149 июнь 2015
Премьер-министрасул экономикаялъул ва финансазул вакилГӀали Бабакан28 август 20079 июнь 2015
Премьер-министрасул терроралда дандечӀеялъул суалазул, инсанасул ихтиярал цӀуниялъул ва Кипралъул суалазул вакилЯлчин Акдоган29 август 20149 июнь 2015
КъватӀисел ишазул министрМевлют Чавушогълу29 август 20149 июнь 2015
Жанисел ишазул министрЭфкан Ала25 декабрь 20137 март 2015Себахаттин Озтюрк7 март 20159 июнь 2015
Финансазул министрМехӀмет Шимшек1 май 20099 июнь 2015
ГӀадлугьабиялъул министрБекир Боздаг26 декабрь 20137 март 2015Кенан Ипек7 март 20159 июнь 2015
Энергетикаялъул ва тӀабигӀиял сурсатазул министрТанер Йылдыз1 май 20099 июнь 2015
Росдал магӀишаталъул министрМехӀмет Мехди Экер29 август 20149 июнь 2015
Маданияталъул ва туризмаялъул министрЭмер Челик24 январь 20139 июнь 2015
Сахлъи цӀуниялъул министрМехӀмет Меззиногълу24 январь 20139 июнь 2015
Миллияб лъайкьеялъул министрНаби Авки24 январь 20139 июнь 2015
Миллияб тущман нахъекьабиялъул министрИсмет Йылмаз6 июль 20119 июнь 2015
ГӀелмабазул, касбоялъул ва технологиязул министрФикри Изык25 декабрь 20139 июнь 2015
ЗахӀматалъул ва жамгӀияб цӀуниялъул министрФарук Челик29 август 20149 июнь 2015
Транспорталъул, ралъадазул ва коммуникациязул министрЛютфи Эльван26 декабрь 20137 март 2015Феридун Бельчин7 март 20159 июнь 2015
ЖамгӀияб сиясаталъул ва хъизаналъул ишазул министрАйшенур Ислам26 декабрь 20139 июнь 2015
Европаялъул цолъиялъул ишазул министрВолкан Бозкир29 август 20149 июнь 2015
Экономикаялъул министрНихат Зейбекчи25 декабрь 20139 июнь 2015
ГӀолилазул ва спорталъул министрАкиф Чагатай Килич25 декабрь 20139 июнь 2015
ЦебетӀеялъул министрЖевдет Йылмаз6 июль 20119 июнь 2015
Таможнялъул ва бича-хисиялъул министрНуреттин Каникли29 август 20149 июнь 2015
Сверухъ мухъалъул ва шагьаралъул планал чӀезабиялъул министрИдрис Гюллюсе25 декабрь 20139 июнь 2015
Рохьил ва лъел ишазул министрВейсел Эроглу29 август 20079 июнь 2015

[4][5]

2014 соналдасан бахъун АхӀмад Давудогълул хӀукуматалъул сиясат

[хисизабизе | код хисизабизе]