Азов ралъад
Азо́в ралъад (укр. Азо́вське море) — Атлантикияб океаналъул бащрахаб ралъад, машрикъалъул Европаялда, Россиялъул ва Украиналъул ралъдал рагӀаллъаби чурулеб. Дунялалда бищун гӀисинаб ралъад: гъварилъи 13,5[1] метралдаса цӀикӀкӀун гьечӀо, гьоркьохъеб гъварилъи гӀага-шагарго 7,4 м (батӀи-батӀиял къиматазда рекъон — 6,8-ялдаса 8 м-ялде щвезегӀан).[2]
Атлантикияб океаналда цолъулеб буго проливазул ва ралъдазул халатаб силсилаялъ: Керчалъул пролив — ЧӀегӀераб ралъад — Босфоралъул пролив — Мармараялъул ралъад — Дарданелазул пролив — Эгей ралъад — Ракьдагьоркьосеб ралъад — Гибралтаралъул пролив. Океаналдаса рикӀкӀилъиялъул рахъалъ Азов ралъад ккола планетаялда бищунго континенталъулаб ралъадлъун. Лълъел объем - 290 км³.[3]
НекӀсияб мехалда Азов ралъад букӀинчӀо. Дон ЧӀегӀераб ралъдалӀе чвахулеб букӀана гьанжесеб Керчалъул проливалъул бакӀалда. РакӀалда буго, Азовалъул ралъдал цӀей кканин гӀага-шагарго нилӀер эраялдаса цебесеб 5600 н. э. щ. (бал. ЧӀегӀер ралъдал лъим бачӀиналъул теория).
Таман бащчӀинкӀиллъиялъул шималияб рахъалда буго некӀсияв Кермекил цебесеб палеолиталъул бакӀ. Богатыри/Синая Балка абураб бакӀалда 1,5–1,2 миллион соналъ цеве вукӀарав чиясул гвангварада Кавказалъул эласмотериялда (Elasmotherium caucasicum) батана кремниялъулаб доломиталдаса гьабураб жаниб лъураб ланцеталъул формаялъул алат.[4]
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Антикияб мехалда Азов ралъдада абулаан Меотиялъул хӀор абун, батIайиса Меотида (н.-грек Μαιῶτις), меотазул цӀаралда рекъон — н. э. щ. 1 азарго соналда ралъдал жанубияб ва жанубиябгун-машрикъалъул рагӀалда гӀумру гьабулел рукӀарал къавмал, скифаз— Каргалук, меотаз — Темеринда (гьелъул магӀна ккола «ралъдал эбел») [7][8], гӀарабаз — Бахр ал-Азуф (Бар эль-Азов, бецӀхъахӀаб гӀор), турказ — Бахр-эль-Ассак яги Бахр-й Ассак (БецӀхъахӀаб ралъад; гьанжесеб тур. Азак Денизи).
Ралъадалда чанго нухалъ цӀар хисана (Самакъуш, Салакар, Майути ва гьелда релъарал). XIII гӀасруялъул байбихьуда улъизабулеб буго Сакс ралъад абураб цӀар.
«Азов» абураб рагӀул этимологиялда хурхун руго цо чанго гипотезаби: 1067 соналъ гьанжесеб шагьар бугеб бакӀалда хъала босарав Половциялъул паца Азупил (Азуф) цӀаралдасан; Осовазул къавмалъул (асси) цӀаралдалъун, гьеб жиндирго иргаялда авестаназдаса бачӀараб бугин абулеб букӀана, «хехаб» абураб магӀнаялъул; гьеб цӀар данде кколеб буго турк мацӀалъул азан – «нижний» абураб рагӀигун, черкесазул узэв – «чӀедераб кӀалтӀу» абураб. Азов шагьаралъул туркалъул цӀар буго Аузак. Амма нахъе I гӀасруялда н. д. Плинияс жиндирго хъвай-хъвагӀаязда скифазул къавмал рикӀкӀулаго, рехсолеб буго Азов абураб рагӀиялда релълъараб асокиязул къавм. ГӀаммаб къагӀидаялъ къабул гьабулеб жо ккола, Азовалъул ралъдал гьанжесеб цӀар гӀурус топонимиялде бачӀараблъи XVII гӀасруялъул байбихьуда, Пименил хроникаялъул сабаблъун. ТӀадежоялъе, тӀоцебе гьеб тӀадкъан букӀана гӀицӀго гьелъул цо бутӀаялъе (Таганрог шагьар баккилалде цебе Доналъул рагӀаллъиян абулеб букӀараб Таганрогалъул бухта). ГӀицӀго XVIII гӀасруялъул кӀиабилеб бащдаб лъагӀалида жаниб тӀолабго лълъел магӀданалда кьун букӀана «Азовалъул ралъдал» цӀар. Ралъадалъ жиндирго цӀар кьуна Азовская ва Приазовская росабазе, ва Новоазовск шагьаралъе, Приазовское росдае ва цогидалги росабазе.
Лъазабиялъул тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Азов ралъдал лъазабиялъул тарихалда жаниб лъабго этап буго:
- НекӀсияб (географиялъулаб) — Геродотил мехалдасан XIX гӀасруялъул байбихьуде щвезегӀан.
- Геологиябгун-географияб — XIX гӀ. — XX гӀасруялъул 40-абилел сонал.
- Комплексияб — XX гӀ. бакьулъ — жакъа.
География
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀаммаб баян
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьелъул бищун кӀудияб халалъи — 380 км, бищун кӀудияб гӀеблъи — 200 км; ралъдал рагӀаллъиялъул халалъи 1472 км; тӀадкӀалалъул площадь ккола 37 800 км²[5] (гьеб гӀатӀилъиялде гъорлъе унаро 107,9 км² кколеб чӀинкӀиллъаби ва целал).
Морфологиял гӀаламатазда рекъон, гьеб ккола тIасабитIарал ралъдазде гъорлъе унеб ги ккола ралъдал рагӀаллъабазул гӀодорегӀанал накӀкӀал ругеб гӀисинаб лъел бутӀа.
Кьиндала рес букӀуна цо бутӀа яги тӀубанго цӀорозе, гьелда тӀадеги Керчалъул проливалдасан ЧӀегӀер ралъдалъе цӀер бачуна.[6][7] ГӀадатияб къагӀидаялъ январ моцӀалъе хасиятаб жо ккола цӀер лъугьин, амма цӀорорал соназда гьеб ккезе бегьула цо моцӀалъ цебе.
ЦӀа-каналъул режим
[хисизабизе | код хисизабизе]Ралъдал цӀа-каналъул режималъе хасиятаблъун ккола гьитӀинал лъадазул бутӀабазе хасиятаб мехалъулаб кӀудияб хиса-баси. Бищун дагьаб цӀа-кан бихьула хасало (январь - февраль), гьелъул къиматазда гӀагарлъула цӀорораб температураялде. ГӀицӀго Керчалъул проливалда аскӀоб бугеб ралъдал жанубияб рахъалда тӀад бугеб лъел температура рекъараб букӀуна. ЛъагӀалида жаниб лъел температураялъул диапазон ккола 27,5...28,5°С.
Риидал тӀолго ралъдалъ чӀезабула гӀемерго цо тайпаялъул тӀадкӀалалъул цӀа-кан +24...+26°C. Гьелъул бищунго кӀудиял къиматазул хъвай-хъвагӀай гьабула лъел тӀадкӀалалъул гъаталда июлалда +28,0...+28,5°С. Бищун цӀикӀкӀараб температура бихьулеб буго Приморско-Ахтарск мухъалда +32,5°С. Ралъдал тӀадкӀалалда лъагӀалида жаниб гьоркьохъеб лъел цӀа-кан ккола 11°C, лъагӀелазда гьоркьосел гьелъул хиса-басиял ккола 1°C гӀанасеб.
Флора ги фауна
[хисизабизе | код хисизабизе]Фитопланктон ги бентосал цебетӀун буго. Фитопланктон гӀуцӀун букӀуна (%): диатомаздаса — 55, перидинияздаса - 41,2 ва хъахӀгӀурччинал лъелхераздаса —2,2. 2017 соналда ралъдал рагӀаллъабазул цо-цо бакӀазда бихьулеб букӀана Кладофора тайпаялъул жалазул кӀудияб гIемер гьаби.
КӀудиял яги хасаб интерес бугел географиял бакӀал рехсон руго сагӀталъул рахъалъ ралъдал рагӀалдасан, Геническалъул проливалдаса байбихьун[9].
- Украиналъул территориялда (2014 ва 2022 соназда Россиялъ квердебосараб ги аннексия гьабураб):
- жанубиябгун-бакътӀерхьуда: Казантипский залив, Арабатский залив;
- бакътӀерхьуда: залив Сиваш;
- шималиябгун-бакътӀерхьуда: Утлюкский лиман, Молочный лиман, Обиточный залив, Бердянский залив.
- Россиялъул территориялда:
- шималиябгун-бакъбаккуда: Таганрогский залив, Миусский лиман, Ейский лиман;
- бакъбаккуда: Ясенский залив, Бейсугский лиман, Ахтарский лиман;
- жанубиябгун-бакъбаккуда: Темрюкский залив.
Целал, квачIал, бищун кӀудиял чӀикӀиллъаби
- Украиналъул территориялда (2014 ва 2022 соназда Россиялъ квердебосараб ги аннексия гьабураб):
- Керч проливалда: Тузлинская цел,Тузла чӀинкӀиллъи;
- жанубиябгун-бакътӀерхьуда: квачӀ Хрони, квачӀ Зюк, квачӀ Чаганы ги квачӀ Казантип;
- бакътӀерхьуда: цел Арабатская Стрелка;
- шималиябгун-бакътӀерхьуда: Федотова цел и цел Бирючий чинкӀиллъи (Утлюкский лиман), Обиточная цел (Обиточный залив), Бердянская цел (Бердянский залив);
- шималиябгун-бакъбаккуда: Белосарайская цел, Кривая цел.
- Россиялъул территориялда:
- шималиябгун-бакъбаккуда: Павло-Очаковская цел, Беглицкая цел, Петрушина цел, Таганрогский квачӀ;
- бакъбаккуда: Чумбур квачӀ, Глафиров цел, Долгая цел, Камышевская цел, Ясенская цел (Бейсугский лиман), Ачуевская цел (Ахтарский цел), Ейская цел, Сазальникская цел;
- жанубиябгун-бакъбаккуда: Ачуевский квачӀ ги Каменний квачӀ (Темрюкский залив);
- Керч проливалда: Чушка цел, Тузлинская цел
РалъдалӀе чвахулел гӀорал
- Украиналъул территориялда (2014 ва 2022 соназда Россиялъ квердебосараб ги аннексия гьабураб):
- шималиябгун-бакътӀерхьуда: Малий Утлюк, Молочная, Корсак, Лозоватка, Обиточная, Берда, Кальмиус, Грузский Еланчик;
- Россияъул территориялда:
- шималиябгун-бакъбаккуда: Мокрий Еланчик, Миус, Самбек, Дон, Кагальник, Мокрая Чубурка, Ея;
- жанубиябгун-бакъбаккуда: Протока, Кубань.
Гь. балагье
[хисизабизе | код хисизабизе]МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Азовское море заметно мелеет". azov.tv (in русский). Архивация оригинал (2012-03-08). Щвей 2018-12-03.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ Добровольский А. Д., Залогин Б. С. Моря СССР. — 1982. — 191 с.
- ^ АЗО́ВСКОЕ МО́РЕ / Г. В. Заклинский; А. Ф. Лимонов // А — Анкетирование. — М. : Большая российская энциклопедия, 2005. — С. 297. — (Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов ; 2004—2017, т. 1). — ISBN 5-85270-329-X.
- ^ Щелинский В. Е. Об охоте на крупных млекопитающих и использовании водных пищевых ресурсов в раннем палеолите (по материалам раннеашельских стоянок Южного Приазовья) // Краткие сообщения Института археологии. Выпуск 254 . — 2019. Архивация 21 март 2021 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
- ^ "Природа Азовского моря". azov.tv (in русский). Архивация оригинал (2012-03-08). Щвей 2018-12-03.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ "Основные факторы, определяющие ледовый режим Азовского моря". esimo.oceanography.ru (in русский). Архивация оригинал (2018-12-04). Щвей 2018-12-03.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ "Азовское море покрылось льдом толщиной 5-10 см" (in русский). Известия. Ру. Архивация оригинал (2009-12-24). Щвей 2018-12-03.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ Гидрометеорология и гидрохимия морей СССР. Т. V. Азовское море. СПб: Гидрометиздат, 1991. С.56
- ^ Терзиев Ф.С. (ред.). .