«Charlie Hebdo» казияталъул редакциялда кьвагьдей

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал


Полициялъул автомобилал лъугьа-бахъин ккараб бакIалда аскIоб, 7 январ 2015 сон.
Полициялъул автомобилал лъугьа-бахъин ккараб бакIалда аскIоб, 7 январ 2015 сон.
Халип:ПачБайрахъ/Паранг, Париж, XI округ
«Charlie Hebdo» казияталъул басма
2015 соналъул 7 январ
11:30 (UTC+1)
кьвагьдей
Калашниковасул автомат, гранатомет
12
11
3
СагIид Куаши
Шериф Куаши
ХIамид Мурад
Ал-КъагIида Ал-КъагIида

«Charlie Hebdo» казияталъул редакциялда кьвагьдей — ккола Парижалда 2015 соналъул 7 январалъ франсиялъул анкьилаб сатираялъулаб «Charlie Hebdo» казияталъул редакциялде, щалали лъалареца гьабураб гьужум[1][2]. Кьавагьа-гIанхъиялъул хIасилалда хвана 12 чи, лъукъана 11. Цереккун кьурал баяназда рекъон, гьужум гьабун буго «Ал-КъагIида» гIуцIиялъул мужагьидаз.[3]

Лугьа-бахъин ккараб куц[хисизабизе | код хисизабизе]

БакIалъул заманаялъул 11:30 араб мехалда лъабго щалали лъаларев вачIун вуго чIегIераб кьералъул «Citroën» маркаялъул автомобилалда рекIун «Аллагьу Акбар» абун ахIулаго[4] цинги гьел редакциялда жанире кIанцIун руго ва гьениб кьвагьдон руго Калашниковасул автоматалдасан ва гранатомёталдасан, хадуб байбихьун буго лъугьа-бахъин ккаралъуре рачIарал полициялъулаздаги гьев лъабасдагоги гьоркьоб цоцаде кьвагьдей[5]. Гьужум гьабурал лъутун рорчIун руго «Renault Clio» маркаялъул автомобилалдаги рекIун[6], лъалеб гьечIо гьел араб рахъ[5].

Гьеб лахIзаталда редакциялда букIун буго данделъи. Медицинаялъул идараялда хIалтIулес журналистазе кьураб баяналда рекъон, гьужум гьабураз цин чIван вуго тIоцебесеб тIалаялда вукIарав цояв, хадуб гьел рахун руго кIиабилеб тIалаялде ва гьениб басмаханаялда рукIарал редакциялъул хIалтIухъабазда бассаризабун буго[6].

Гьужумалъул хIасилалда хун вуго 12 чи[7], гьездаса кIиго полициялъул хIалтIухъан — гьеб заманаялъ гьенире рачIарал; гьединго анкьгояв лъукъунги вуго[1]. ГIаммаб куцалда зиян лъугьаразул къадар 20 чиясде бахун буго[4].

Хварал ва лъукъарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьужумалъул хIасилалда хвана 12 чи[7], гьезда гьоркьор ккана, лъугьа-бахъин ккаралъуре хIалтIулаб машинаялда рачIарал кIиго полициялъулавги, Фрэнк Бринсолэро ва АхIмад Мерабе.[8]

Зияналде ккана 11 чи, гьездаса ункъгояв вуго захIматаб хIалалда[9]. Цебе лъазабун букIана, зиян ккаразул къадар 20 чиясдасаги цIикIкIун бугоян[4].

ЧIваразда гьоркьор ккана — «Charlie Hebdo» журналалъул бетIерав редактор ва карикатурачи Стефан Шарбоннье. «The Daily Telegraph» казияталъ бицухъе, Шарбонье вукIун вуго «Ал-КъагIидаялъул» «чIегIераб сияхIалда». Ал-КъагIидаялъул рагъухъабаз гьесда хадуб чан ккун букIана, МухIаммад аварагасде гьес карикатура бахъи сабаблъун[5].

Гьединго чIвана машгьурал карикатурачагIи Жан Кабю (инг.)авар., Жорж Волинский (инг.)авар., Бернар Вельяк (инг.)авар. ва журналист Бернар Марис (инг.)авар.[5].[8]

Гьужум гьабурал[хисизабизе | код хисизабизе]

гьужум гьабуравин жинда шаклъи бугев СагIид Куашил сурат

Франсиялъул жанисел ишазул министр Бернар Казнёвасул (инг.)авар. лъазабиялда рекъон, гьужум гьабун буго лъабгояс[10][6], полициялъ абулеб буго жеги ункъабилевги вукIун ватулаян - машинаялда жанив, гьел лъутун рачIинегIан чIарав шофер абун[11]

БритIаниялъул «The Telegraph» казияталъ лъугьа-бахъин бихьарав, 33 сон барав Седрик Ле Бешел рагIабазда бан кьурал баяназда рекъон, гьужум гьабилалда цебе хIинкъикьолез къотIносан унезда абун букIун буго, информалатазда бице жал Ал-КъагIидаялъул мужагьидзаби ругоян. Гьединго, Ле Бешел рагIабазда рекъон, гьужум гьабуразда букIун буго чIегIераб, рагъул стилалъул ретIел ва тIадхурал маскабиги лъурал капюшоналги; цо хIинкъикьолесухъ букIун буго гранатомёт[12].

Хадубккун хIинкъикьолезул цIарал лъана: «Est Republicain» абулеб зарбоялда бахъулеб идараялъул рагIабазда рекъон, гьев лъабавго вуго — Франсиялъул ватIанчагIи-гIарабаллъун. Гьелги руго кIиго вац Шериф ва СагIид Куаши, ва гьединго ХIамид Мурад[11]. франсиялъул поициялъ шаклъи ккаразул суратал къватIахъ чIван руго[13].

7 январалъул къаси в полицейский города Шарлевиль-Мезьер шагьаралъул полициялъул комиссариаталде живго вачIана, гьужумалда гIахбаллъиялъулъ жинда шаклъи бугев 18-сон барав Мурад ХIамид. Гьесул классцоязул рагIабазда рекъон, къалъул гIужалда гьев лицеялда вукIун вуго, ва полициялде вачIун вуго жинда хадуб цIех-рех бугин полициялъулин абун Интернеталда бихьидал[14].

Байбихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Сатирияб казият «Charlie Hebdo»ялъе кьучI лъуна 1969 соналъ. Гьеб журналалъ чанго нухалъ бахъун къватIибе биччан букIана исламалде ва хассгьабун МухІаммад аварагасде карикатура. Ахирисеб гьединаб басмаялда тIибитIизабилъун ккана 2012 соналъул сентябр моцIалда, «Бусурбабазул гIайиб гьечIеблъи» абураб филмалъул рахъ ккун редакция кIалъай ва гьеб филмалда хадуб гIарабазул ва бусурбабазул пачалихъазда Америкаялъул дипломатияб ишазул минабазде гьарурал гьужумал какиги.[15][4].

Гьаб гьужумалда цебеги казияталъул редакциялде чанго нухалъ гьужум гьабун букIана. 2011 соналъул ноябралда "Шарли Эбдоялъул" редакциялде рехун рукIана жаниб кьвагьулеб лъамалъи букIарал шушби

Реакция[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Флаг / Франсия Франсиялъул президент Франсуа Олландица хитIаб гьабуна, жинда жаниб ишара гьабураб, щибго щаклъи букIунгутIиялда, ккараб такъсирияб иш хIинкъи кьей букIиналда. «ЦогIаги вахIшияб ишалда кIоларо прессаялъул эркенлъи къатIинабизе. Нилъ — цо пачалихъ, жинда ккаралъе жаваб кьун ва цолъун бажарулеб», — абун лъазабуна гьес[7][16]. Гьединго Олланд живгоги вачIана лъугьа-бахъин ккараб бакIалде[17][18].

Франсиялъул премьер-министр Мануэль Вальсица лъазабуна, «киналниги ресал хIалтIизаризе руго гьел чагIи щалан лъазабизе, гьеб гьабизе ургъаразда хадуб хал кквезе ва гьел тамихIалде рачине»-ян[19].

7 январалъул къаси парижалъул Республикаялъул Майданалда байбихьана рикIкIен гIемераб манифестация, чIваразул ва лъукаразул гIагарлъиялъул рахъги ккун. Манифестация гIуцIаразул рагIабазда рекъон, гьелда гIахьаллъи гьабулеб буго 10 азарго чияс. ГIемерисеца рорхун рукIана чIегIералда тIад хъахIалъ «Дун — Шарли» - ян хъварал кагътал (пар. Je suis Charlie). Гьелдаго релъарал манифестациял байбихьана Франсиялъул цоги шагьараздаги, гьездаса руго — Бордо, Лион, Марсель, Тулуза, Нант ва цогидалги[20][21].

Гьебго къоялъ тIолабго франсиялда лъазабуна лъабго къойил зигара бай[22].

Цоги пачалихъал[хисизабизе | код хисизабизе]

 Азарбижан Азарбижаналъул президент Илгьам ГІалиевас Франсуа Олландихъе кагъат битIана :

Лъугьараб балахьалда хурхун, дирго ва азарбижаналъул халкъалъул цIаралда загьир гьабулеб буго дуе, хваразул ва лъукъаразул хъизамазе, кинабго Франсиялъул халкъалъеги гъваридаб зигара, гьарула лъукъаразе хехаб сахлъи[23].

Халип:Флаг / Аргентина Аргентинаялъул пачалихъалъ лъугьараб теракталда вахIшиябин цIар лъуна[24].

Халип:Флаг / Бельгия Бельгиялда гIадамал ракIарана Франсиялъул вакиллъиялда цере, ккаралда рекъонгутIи загьир гьабизе[25].

Халип:Флаг / Болгария Болгариялъул президент Росен Плевнелиевас зигарудул кагъат битIана Франсиялъул бетIерасухъе.

Болгариялъул хIукуматалъул бетIер Бойко Борисовас гьал рагIаби абуна лъугьаралда тIасан:

Гьаб бидулаб, хIинкъикьеялъул ишалъ нижер ццим бахъинабуна зулмуялдалъун инсанасул гIумру тIагIинабиялда ва рагIул эркенлъи зиян гьабиялда. Нижеца загьир гьабулеб буго, гьаб нилъее ва тIолабго Европаялъе захIматаб заманаялъ ниж Франсиялъул халкъгун рукIин. Ниж къваридал руго зиян ккаразул гIагарал-гIунтIаралгун. Гьаб хинкъикьей битIараблъун рикIкIине бегьизабулеб щибго гьечIо.

Халип:Флаг / Ватикан Римазул Папа Францискица кутакалда какана «вахIшияб куцалда гIадамал чIвай»[24].

Халип:Флаг / КІудабритІания КIудабритIаниялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница ккараб лъугьа-бахъин какун абуна: «Парижалда ккараб чIвай-хъвей буго нахъечIвараблъун. Нижеца квер чIвала франсиялъул халкъалда, хIинкъикьеялда данде ва информациялъул алатал цIунун гьез гьабулеб рагъулъ», — абун, гьес хъвана жиндирго «Твиттералда»[26].

Je suis Charlie. Митинг перед мэрией в Кёльне.

Халип:Флаг / Алмания Алманиялъул федералияй канцлер Ангела Меркелица франсиялъул бетIерлъиялъухъе зигара бан телеграмма битIана[24]:

Франсиялда ккараб гьаб рокьукъаб теракт кколаро гIицго франсиялъул ватIанчагIазде ва Франсиялъул жанисеб хIинкъибукIунгутIиялде гьабураб. Гьеб гьужум буго кинанго ритIухъ гьабизе бегьулареб, рагIул ва прессаялъул эркенлъиялде гьабураб.

Халип:Флаг / Гуржи Гуржиялъул МИДалъ зигара бан, къварилъи загьир гьабуна гьужумалъул хIасилалда хваразул ва зарал ккаразул гIагарал-гIунтIаразе. «Гьаб, рагIул эркенлъиялде данде гьабураб вахIшияб ишалъ, цоги нухалъ бихьизабулеб буго, кигIан хIинкъикбей цIикIкIараб бугеб радикалияй пикраби ва цадахъ лъугьун халкъалдагьоркьосел жамгIиятаз кIвар кьезе кколеблъи, бищун жиб квешаб - хIинкъикьеялде», — ян бачIана МИДалдасан[27].

 Россия Россиялъул президент Владимир Путиница какана хIинкъи кьей кинаб гьеб бугониги ва гьес гъваридаб зигара бай загьир гьабуна хваразул гIагароъиялде ва киналниги парижалъулазде ва тIолабго франсиялъул халкъалде[24][28].

Халип:Флаг / АЦШ АЦШ президент Барак Обама «цIакъ кутакал рагIабаздалъун» какана гьабураб гьужум. ХъахIаб рукъалъул пресс-секретарь Джош Эрнестица лъазабуна, Америкаялъул Цолъарал Штатал хIадур ругин Франсиялда цадахъ лъугьун, гIайибиял хъирщиялъе кумек гьабизеян[29].

Халкъаздагьоркьосел организациял[хисизабизе | код хисизабизе]

Je suis Charlie (Авар: Шарли — дун вуго). «Твиттер» хIалтIизабулез, жалго казияталде гьужум гьабиялда данде рукIин загьир гьабизе хIалтIизабулеб логоти.

Халип:Флаг / ЦМГІ ЦМГІялъул бетIерав секретарь Пан Ги Муница абуна, казияталлъул редакциялде гьабураб гьужум кколин демократиялде ва рагIул эркенлъиялде гьабураб гьужуман. Цолъарал Миллатазул ГІуцІцІиялъул бетIераб минаялда журналистазда цеве вахъараб бакIалда гьес зарал ккаразул гIагарлъиялда ва тIолабго Франсиялъул халкъалда зигара бай загьир гьабуна.[24].

Халип:Флаг / НАТО НАТОялъул бетIерав секретарь Йенс Столтенбергица лъугьа-бахъиналде абуна, гьеб бугин «прессаялъул эркенлъиялде гьабураб ццим бахъинабулеб гьужум» - абун[24].

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 "СМИ: число жертв нападения на редакцию Charlie Hebdo в Париже увеличилось до 11" (in русский). ТАСС. 2015-01-07.
  2. "11 человек погибли в результате стрельбы в редакции журнала Charlie Hebdo в Париже" (in русский). Интерфакс. 2015-01-07.
  3. СМИ: Ответственность за теракт в Париже взяли на себя члены группировки «Аль-Каида»
  4. 4,0 4,1 4,2 4,3 "Стрельба в редакции журнала Charlie Hebdo в Париже. Онлайн-репортаж" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  5. 5,0 5,1 5,2 5,3 "Десять человек погибли при стрельбе в офисе французского сатирического журнала" (in русский). Lenta.ru. 2015-01-07.
  6. 6,0 6,1 6,2 Остап Жуков, Ирина Ринаева (2015-01-07). "Бойня в офисе Charlie Hebdo: МВД Франции заявило о трех террористах; убит акционер журнала. Онлайн-трансляция" (in русский). Московский комсомолец.
  7. 7,0 7,1 7,2 "Le siège de Charlie Hebdo attaqué par des hommes armés" (in французский). Le Figaro. 2015-01-07.
  8. 8,0 8,1 https://meduza.io/feature/2015/01/07/charli-eto-ya
  9. "Прокурор Парижа сообщил об 11 пострадавших в результате теракта" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  10. Елизавета Фохт (2015-01-07). "Французские власти назвали число участников теракта в Париже" (in русский). РБК.
  11. 11,0 11,1 "СМИ: в нападении на редакцию Charlie Hebdo могли участвовать четыре человека" (in русский). ТАСС. 2015-01-07.
  12. Максим Макарычев (2015-01-07). "Теракт в Париже совершили боевики "Аль-Каиды"" (in русский). Российская газета.
  13. "Полицейские опубликовали фото подозреваемых в нападении на Charlie Hebdo. ФОТО". mignews.com.ua. Архивация оригинал (2015-01-11). Халагьи 2015-1-8. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (квеки); Cite has empty unknown parameters: |description= and |datepublished= (квеки); Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  14. "Во Франции задержаны несколько подозреваемых в совершении теракта в Charlie Hebdo" (in русский). Lenta.ru. 2015-01-08.
  15. "Charlie Hebdo publie des caricatures de Mahomet" (in французский). BMFTV. Архивация оригинал (2015-01-10). Халагьи 2015-01-07. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  16. "Олланд назвал нападение на Charlie Hebdo терактом" (in русский). Lenta.ru. 2015-01-07.
  17. "Олланд назвал нападение на офис французского журнала терактом" (in русский). Газета.ru. 2015-01-07.
  18. "Олланд отправится на место перестрелки в редакции журнала в Париже" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  19. "При стрельбе в редакции журнала в Париже погибли 12 человек" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  20. "Манифестации после атаки на редакцию Charlie Hebdo проходят во Франции" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  21. "Тысячи французов вышли на митинги в знак протеста против теракта в Париже" (in русский). Lenta.ru. 2015-01-07.
  22. "Во Франции объявили траур в связи с терактом в редакции Charlie Hebdo" (in русский). Российская газета. 2015-01-07.
  23. Президенту Французской Республики Его превосходительству господину Франсуа Олланду
  24. 24,0 24,1 24,2 24,3 24,4 24,5 Роман Подервянский (2015-01-07). "Международная реакция на теракт в редакции парижского журнала Charlie Hebdo" (in русский). ТАСС.
  25. "Charlie Hebdo: des rassemblements d'hommage en Belgique et ailleurs" (in французский). RTBF Info. 2015-01-07.
  26. "Премьер Великобритании Кэмерон осудил теракт в Париже" (in русский). РИА Новости. 2015-01-07.
  27. "МИД Грузии соболезнует семьям погибших при атаке на редакцию Charlie Hebdo" (in русский). Свободная зона. 2015-01-08.
  28. "​В Кремле решительно осудили теракт в Париже" (in русский). RT. 2015-01-07. {{cite web}}: zero width space character in |title= at position 1 (квеки)
  29. "США заявили о готовности помочь в расследовании теракта в Париже" (in русский). Интерфакс. 2015-01-07.