Газалал
Материал из Wikipedia
Газалал, ай гьанже гIурус мацIалъ асар гьабун цо-цояз рутулалин абулеб миллат. Аваразулгун кидаго лъикIал бухьенал рукIарана газалазул. Газалаз аслияб къагIидаялъ гIумру гьабулеб буго Дагъистан жумхIурияталъул Газал (Рутул) районалда. Гьенир гьезул къадар бащдалдаса цIикIун (60%), ай 11 азарго чи вуго. Жеги Ахтиб районалда цо Хинав абураб росуги буго. Азарбижаналъул Нуха (Шеки) районалда анцIгогIанасеб росулъги тIиритIун руго. Къадар Нуха районалда газалазул 12-13 азаргоялде бахунин чIван-къотIун абизе кIола. НекIо аваразул КахIиб районалда газалазул жеги цо росу (Хирсаб) буго.
| Гьаб макъала буго тIинчI, вай гьеб жеги хIадур гьечо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва тIаде жо жубай гьалде. |