Материал из Wikipedia
Азарбижан
 |
 |
| Герб |
Флаг |
|
 |
| Тахшагьар |
Баку |
| Ракь |
86 600 км² |
| ГIадамазул къадар |
8 177 717 чи (2008) |
| МацIал |
падар мацI |
 |
Азарбижан/Азарбижанлъул ДжумхIурият
Азарбижан хIукуматалъул ракьул 86 азарго кв км буго. ГIадамазул къадар хIукуматалъул хъулухъчагIаз бихьизабухъе буго 8 миллионгун бащдаб, амма унгояб къадар лъалел гIадамаз (гIалимзабаз) бицухъе 4-гун бащдалде гурони бахулеб гьечIин абула. Гьезда гьоркьоса аваразул бутIа 3% бахизе дагьаб хутIун буго. Къадарин абуни кидаго ЦIоралдаго чIаразул 130 азаргоялда бахула, къватIисел хIукуматазда гIумру гьабулелги рикIкIани 180-190 азарго ккола. Цинги Азарбижаналда гIумру гьабулел миллатазда гъоркь руго: азарбижанал, куралал, гIурусал, цIамгIалал, талишал, аварал.
Азарбижан