МагIарулал

Материал из Wikipedia
Перейти к: навигация, поиск
Этническая карта Дагестана.
1-жубараб, 2-МагIарулал, 3-Даргиял, 4-Лезгиял, 5-Тумал, 6-Табасаранал, 7-Агъулал, 8-Газалал, 9-Хъалтагъал, 10-ЛъарагIал, 11-Нугъаял, 12-Падарал, 13-ГIурусал
Имам Шамиль

МагIарулал яги Аварал (гIурус мацIалда: Аварцы) — Дагъистаналъул бищун кIудияб миллат ккола.

МагIарулаз гIумру гьабулеб буго Дагъистаналъул ракьалъул кIудияб бутIаялда. МугIрузда, ва лъарагIлъиялда (Шурагьиб, Салахъала ва гь.ц. мухъазда). Дагъистаналда гуребги магIарулаз гIумру гьабулеб буго Буртиялъ, Гъалмугъалъ ва цогидал россиялъул ракьаздаги, ва жеги Азарбижаналда (Билкан, Закатала ва КъахIиб мухъазда), Хъизихъалда ва Туркеялда.

Содержание

[хисизабизе] Азарбижаналъул магIарулал

Аваразул байрахъ (Вахушти БагъратIиони. Хъизихъалъул атIлас (XVIII гIасру). Туплис, 1997 с.)

Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIанасеб заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи - батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал магIарул росабалъе - ЧIарихъе, Лъебел-убаялде, КIатIихъе, МацIихъе, Динчиялде, Къабахчолибалде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Билканалъулги - кIиябго районалда 115 азариде гIунтIун авар халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро. Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана гьезда жидерго магIарул мацIги магIарул гIадатги бацIцIадго цIунизе кIун букин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб Азарбижан мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо магIарул мацI буго.

[хисизабизе] Туркиялъул магIарулал

[хисизабизе] Аваравищ? МагIарулавищ?

Аваравищ? МагIарулавищ? Дирго рахъалъ абуни, дица дунго рикIкIуна магIарулавлъун. Дир рахьдал мацIги магIарул мацI буго, авар мацI гуро. Дунги аварав гуро, магIарулав вуго. Чияраб берцин бихьун нилъерабго инжит гьабизе бегьуларо. Нилъер анкьумумулъанго батана: МагIаруллъи, МагIарул мацI, МагIарул намус, МагIарул калам... МагIарул мацI цIунизе ккеялъул бицунел рукIуна нилъ. Бищунго квешаб жо гьечIищ нилъедаго нилъ щалали кIочон тей? МагIарул мацIалъ пикру гьабулелъул, МагIарул мацIалъ хъвалелъул, МагIарул мацIалъ кIалъалелъул хIалтIизабизе ккола «МагIарул» абураб кьибилалъул рагIаби. Нилъер фольклоралда, яги хIуригат ккелелде нилъер шагIирзабазул асаразда ратуларо «авар» абураб кьибилалъул рагIаби. Нилъер мадугьалзабазги абуларо нилъеда аваралин. Чачаназ нилъеда абула сули, тумаз - ярус, даргияз - къарахъан, лъарагIаз - тавлу. ГIурусаз абула нилъеда «аварцы» абун. Гьезул мацIалъ абулелъулги хъвалелъулги хIалтIизабизе биччанте «авар» кьибилалъул рагIи. Сулахъ абураб рагIиялъул магIна чачан мацIалда ккола - МагIарулазул гIop. Аварское Койсу, Андийское Койсу, Кара-Койсу. Щибизе магIарулазул ватIаналдасан, МагIарухълъиялдасан (МагIарухъан) чвахулел гIоразул цIаразда хадуб рекIинабизе кколеб «гъойсу», гIемерисезда магIна лъалареб чияр мацIалъул рагIи? Гъойсу - тюрк мацIалъул рагIи ккола. МагIарул мацIалде буссинабуни: хъубаб лъим, чIегIераб лъим, ай гIиял кIващилан абураб магIнаялъул рагIи. Щай нилъеца нилъерго рагIиги рехун тун, чияраб хIалтIизабизе кколеб? ГIурус мацIалда хъвалелъул, бицунелъул хIалтIизабизе ккела: Аварская река, Андийская река.

ЛъарагIал руго къисматалъ жидерго ватIаналда гьитIинаб бутIалъун бугеб халкъ. Амма гьез цIакъ къимат гьабула жидерго мацIалъулги цIаралъулги ва цIунула гьеб киса-кибго, бакIалъул цIарал абулелъулги хъвалелъулги: Тарки-Тау, Шура-озень, Ярык-су, Сари-Гъум ва гь.ц. Гьеб буго жидерго мацI ва ватIан бокьи. Аслияб къагIидаялъ авар, аварская, ... абурал рагIаби раккана Кавказалъул рагъул заманалда гIурус пачаясул чукъбуздасан. Аваралилан гьез абулаан хунздерил тIалъиялъул гIадамазда. Гьебги, кIудияб хIилла-макруги нахъа бахчун, абулеб жо букIана. ВатIан цIунун рагъулел ругел магIарулал цоцадаса ратIатIезарилъун, румаз ургьараб «разделяй и властвуй» абураб къагIидаги хIалтIизабун, гьабулеб жо букIана гьеб. Жалго хунздерил тIалъиялъул гIадамаз магIарулалилан гурони аваралилан киданиги абулароан. МагIарул мацIалда цо-цо мухъалъул гIадамазда хасал магIарул цIарал ругониги: (бакълъулал, хьиндалал,... .), хъвалелъулги бицунелъулги дол румазул пикруялъулаз хIалтIизабуна чияр мацIалдаса росарал: (гумбетовцы, койсубулинцы ва гь.ц.). Араб гIасруялъул 50-абилел соназдаса байбихьун цо-цо нилъер шагIирзабазда ва гIалимзабазда берцин бихьана «авар» абураб рагIи. Цинги «авар мацI», «авар адабият», «авар мацIалъул грамматика» ва гьединалго цогидалги рагIаби раккана. [1]

[хисизабизе] МацI

МацIихъан вуго мун. Авар мацI кидаго абулаан мун ватила гьанже тIаса гъоркье рехарав гьал рагIаби хисизаризе. Дица дур мацI гьабсагIаталъ тIад кквела. Дуца абулеб буго ГIурусал рачIараб мехалъ баккана Авар абураб рагIи ва нилъеда ГIурусаца гурони ва цогидаз абулароаан.


Достоверно известно что народ Маарулал Аварами называл историк XIV в. МухамедРафи в своем сочинении *Тарихи Дагестан*, которое было популярно в регионе как официальная история Дагестана

[хисизабизе] Квен-тIех

[хисизабизе] Примечания

  1. Рекъезабе, мекъи ккезе чIоге!, МухIамад НурмухIамадов
Личные инструменты
Пространства имён

Варианты
Действия
Навигация
Алатал
Цойги мацIазда