Перейти к содержанию

ЦӀва

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ЦӀва (Starling: c̣:ʷa, gen. цIва́йил, pl. цIваби́) — астрономияб объект, жиб гравитациялдалъун цадахъ чӀараб плазмадул ва газалъул, ва жинца канлъиги кьолеб сфероидалдаса гӀуцӀараб. НилIер Ракьуде бищун гӀагараб цӀва ккола Бакъ. Цогидал гӀемерал цӀваби рихьула алатинчӀеб бералда къаси-къаси, амма Ракьудаса цӀакъ рикӀкӀад рукӀиналъ, гьел ккола канлъул рагъаруларел тӀанкӀалин. Бищун рихьунлъалел цӀваби рикьун руго цадахъцӀвалъиязде ва астеризмазде, ва гӀемерисел бищун гвангъарал цӀвабзазул руго жиде-жидер хасал цӀарал. Бихьулеб тӀолгогӀаламалда жаниб буго 1022-ялдаса 1024-ялде щун цӀва. Гьел цӀвабзазул гӀага-шагарго 4,000 гурони бихьуларо алатинчӀеб берда,[1] гьел киналниги ккола Рахьдал Нух галаксиялъул цӀвабилъун.

  1. ^ Grego, Peter; Mannion, David (September 9, 2010). Galileo and 400 Years of Telescopic Astronomy. Springer New York. ISBN 9781441955920. {{cite book}}: Check date values in: |date= (help)

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]