Сулаймание (мажгит)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Мажгит
Сулаймание
тур. Süleymaniye Camii


Пачалихъ Халип:Флаг / Турция
Шагьар Истамбул
Архитектор Синан
Базе тІад босарав Сулайман I
Бай 1550—1557
ГІадамазул къадар гІага-шагарго 5000
МихІмаразул рикІкІен 4
Материал Мармар, гранит
Бугеб хІал хІалтІулеб
Мактаба УY
Мактаб УY
Мадраса УY


Сулаймание мажгит

Сулаймание́ мажгит (тур. Süleymaniye Camii) — кІвар букІиналъул рахъалъ кІиабилеб ва размеразул рахъалъ тІоцебесеб бакІалда бугеб (кІвар букІиналъул рахъалъ тІоцебесеб — СултІан АхІмадил мажгит), 5000 муъминчиясе жаниб как базе бакІ гІолеб Истамбулалъул некІсияб рахъалъул Вефа мухъалда бугеб мажгит.

Мажгит бана СултІан Сулайман Къанунчиясул амруялдалъун, 15501557 соназ Синан абулев архитекторас. Къубаялъул борхатлъи 53 метр, диаметр 26,5 метр, гьедин букІиналъ борхатлъиялъул рахъалъ цебе ккола гьеб амма гІеблъиялъул рахъалъ Айя София мажгиталдаса нахъе ккола.

Мажгиталда буго ункъго михІмар. АскІор руго хІамамал, мадраса, богорукъал, мактабаял ва моцІрода хадуб хал кколеб бакІ, гьединлъида гьеб кинабгогун цадахъ мажгит рикІкІуна шагьаралъул цо бутІаялъул гІанасеб площад бугеб комплекслъун (мужаммагІ). Мажгиталда жаниб гвангъи ва нур лъикІаб буго — 136 гордухъан жанибе канлъи бачІуна.

1660 соналъ ккараб цІа сабаблъун мажгиталъе зарал ккун букІана, ва 1766 соналъ ракь багъариялъул хІасилалда къубаялъул цо бутІа биххун букІана.

Мажгиталъул азбаралда руго хобал, гьенир рукъун руго живго Сулайман СултІанги ва гьесул хирияй лъади Роксоланаги. Цо-цо баяназда рекъон, мажгит дагь-дагь ккун Меседил лълъар абулеб заливалда жанибе хъущтІулеб буго.

Суратазул галерея[хисизабизе | код хисизабизе]

Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]