Перейти к содержанию

Кабардиял

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Кабардинав - халкъияб ретӀел

Кабарди́нал яги Микма́кал (кабард.-черк. адыгэ) — адыгазул субэтнос, Кабардин-Балкариялда бугеб миллат, гьединго руго Краснодарскалъулаб ва Ставрополалъулаб краязда, Карачаевгун-Черкесиялда, Адыгеялда ва Шималияб Осетиялда[1]. Кабардин-Балкар жумгьурияталда 2010 саналъул хӀисабалда халкъалъул 57 % ккола гьел.

ГӀадамазул къадар

[хисизабизе | код хисизабизе]

Россиялда кабардиназул къадар 2010 соналда гьабураб хъвай-хъвагӀазда рекъон бахуна 517 азар чиясда.

2010 соналда гьабураб хъвай-хъвагӀаялъул данныял

[хисизабизе | код хисизабизе]
Федерациялъул субъект Кабардиназул къадар
чел.
Кабардин-Балкария 490 453
Ставрополалъулаб край 7 993
Москва 3 698
Шималияб Осетия 2 802
Москваялъул область 1 306
Санкт-Петербург 1 181
Краснодаралъулаб край 1 130

XIV гӀасруялдасан нахъе киналго адыгазул тарих (кабардинал, чергесал ва адыгал рикӀкӀун) цо букӀана.

1825 соналъ гӀурусаздасанги къун, кабардиназул ракь Россиялъул империялда гъорлъ ана.

Амма 1864 с. швезегӀан гьезул цо-цоял, жедер ракь бахъанин, мукӀурлъичӀо, Дагъистаналда ва Буртиялъ рачӀана Россиялда данде рагъизе.

Кавказалъул рагъда къейгун (1864 с.), адыгазул гӀемерисеб халкъ (гьезда гъоркьо кабардиналги) чӀван букӀана, хутӀарал щинал хӀалги гьабун ГӀусманазул империялда ритӀана.

Кабардиназул Россиялда ва гьелдасан къватӀи суннит мазгьабалъул ислам буго.


Кабардиназул цо хъизан, 1900 сон

Додинги гьадинги XIX гӀасру щвезегӀан кабардиназул кӀудиял хъизанал рукӀана. Гьезул гӀадатазда рекъон хъизаналъул бетӀер вукӀине ккола эмен, гӀисинал чӀахӀиязухъ гӀенеккизе ккола, ва руччаби бихьиназухъги.

  1. ^ Кабардинцы // Большой энциклопедический словарь, 2000.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.