ГӀалиев, МухӀамадил ГӀадалло
ГӀалиев, МухӀамадил ГӀадалло | |
---|---|
Адабияб гьунар | |
Медиафайлал Викигъамасалда |
ГІадалло ГІалиев (гь. 1932 соналъул 15 февралалъ, Шамилил мухъалъул ГІурада росулъ - хв. 2015 соналъул 30 августалъ МахІачхъалаялда) - Дагъистаналъул ва магӀарул шагӀир, хъвадарухъан. Прозаик ва публицист. Дагъистаналъул ва Ичкериялъул халкъазул конгрессалда Шамил Басаевасул наиб.
ГІумрухъвай
[хисизабизе | код хисизабизе]ГІадалло гьавун вуго 1933 соналъул октябрь моцIалъ, амма халкъалда гьоркьоб тIобитIараб къо-моцI рагIула гьесул паспорталда мекъи хъварал баянал.
Дагъистаналъул тарихчи ГІаламуддин Шайхилавияс ГІадалоца бицун гьесул рокъоб хъвараб, шагIирасул гIумрухъваялдаса цо бутIа буго гьаб рагIалдехун бугеб сураталда. Гьениб хъван буго:
8 мухIаррам 1434 соналъул Хамиз сордо, ГIурадаса ГIадаллол рокъоб. Барзик ГIабдуллагьил (гIага-шагарго 1796 с. гьавурав) вас ГIалил вас МухIамадгIалил вас ГIалил вас МухIамадил вас ГIурадаса Гьидалъев ГIадалло, гьавуна кьучIаб баяналда рекъон 1933 соналъул октябрь моцIалъ, амма паспорталда хъван бугеб тарих мекъи буго. Гьаб кинабго буго жиндирго ГIадаллол кIалдисан хъвараб. Гьабги хъвана ГIадаллол рокъоб ГIаламуддин Шайхилавияс
Оригиналияб текст (гІараб.)٨ المحرم سنة ١٤٣٤ ليلة الخميس بدار عَدَلُو العُرَدِيّ.عدلو بن محمد بن علي بن محمد علي بن علي بن بارْزِيكْ عبد الله (المولود نحو ١٧٩٦م) العُرَدِيِّ الهِدَلِيّ.
ولد في شهر أكتوبر سنة ١٩٣٣م ثلاث وثلاثين وتسع مائة وألف على الصواب. والمكتوب على الجواز غير صحيح. هذا كله من فم عدلو نفسه. وكتب علم الدين الشيخلوي بداره.
Машгьурлъана магӀарул шигӀруялъул классик ва гьанжесеб Дагъистаналъул сиясатияб гІуцІиялъул критик гӀадин. Гьесул хӀисабалда гьелъ дагъистаналъул халкъалда тӀад босун буго деэтнизациялъул ва деисламизациялъул курс. КъахІибалъул гьоркьохъеб школа лъугІизабун хадуб (1949 с.), гьев Дагъистаналъул педагогияб институталъул заочнияб бутӀаялде лъугьуна. Байбихьулелал классазул мугІалимлъун хӀалтӀана. Черхалъе захӀматал ругънал ккезарунилан 5 соналъ жанивги тӀамуна. Амнистиялдалъун (Сталин хвеялъул хӀисабалда) къватӀиве виччана. Школалъул гӀелалда байбихьана кучӀдул ва асарал хъвазе. «БагІараб байрахъ» газеталде хӀалтӀизе ахӀун вукӀана. 1957 соналъ Москваялда М.Горькиясул цӀаралда бугеб адабияталъулаб институталде лъугьана цӀализе. Гьеб лъугӀизабун хадуб, 1965 с. «Знание» ЖамагӀаталъул референтлъун, «Лачен», «Гьудуллъи» журналазул, «Исламалъул нух», «Кьоял» газетазулги редакторлъун хӀалтӀана. 1990 соналъ Дъагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул магӀарул секциялъе бетӀерлъи гьабуна. 1992 соналъ сиясатиял гӀиллабаздалъун СССРалъул Хъвадарухъабазул Союзалдасан къватӀив ана ва Дъагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалда хӀалтӀи тана.
Творчествоялъул аслиял хӀалтӀаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- «ЦӀадул хӀинчӀ»
- «Балъгоял кагътал»
- «Алмазное стремя»
- «Воспоминания о любви»
- «ГодекӀан»
- «Живой свидетель»
20 ялдасан цӀцІикІкӀун асарал музыкаялда росун руго. Гьаб заманалда къватӀибе бахъизе буго гьесул 7 томалда ругел сочинениял.
Аудиохъваял
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀадаллоца бицуна буго магӀарул халкъалъул, мацӀалъул, тарих ва маданияталъул.
- Медиа:Adallo interview Sound 1a.ogg (1 бутӀа)
- Медиа:Adallo interview Sound 1b.ogg (2 бутӀа)
- Медиа:Adallo interview sound 2a.ogg (3 бутӀа)
- Медиа:Adallo interview sound 2b.ogg (4 бутӀа)
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- ГӀадаллогун диалогал. Printed in London. Toadstool Group Ltd 2001 — ISBN 0-582-52317-6
- С возвращением поэт! — КПФ «Аваристан». Махачкала. 2006
- Адалло. ТІаса рищарал асарал (Избранные произведения). ТТ. I—II. — КПФ «Аваристан». Махачкала. 2007
- www.adalloali.ru.
Линкал
[хисизабизе | код хисизабизе]- CryNews.ru. "Алиев Адалло Магомедович". Архивация оригинал (2015-06-02). Щвей 2009-12-12.
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameters:|description=
ва|datepublished=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help)
- Страницы, использующие JsonConfig
- Бахчараб халипаз хӀалтӀизарулел стилал
- CS1 errors: empty unknown parameters
- CS1 errors: invalid parameter value
- Поэты Дагестана
- Алипалда рекъон гIадамазул сияхI
- Алипалда рекъон хъвадарухъабазул сияхI
- МагӀарул хъвадарухъаби
- МагӀарул шагӀирал
- Дагъистаналъул шагӀирал
- Страницы, использующие волшебные ссылки ISBN