Ал-ВахӀиду
Ал-ВахIиду (гIараб мацIалда الواحد). Жив цогояв, ай бутIабазде викьуларев ва жиндие кIиабилев гьечIев.
БутIабазде бикьулареб жойин абуни, гьеб ккола «атомилан» жинда абулеб, жиб бикьун бачIунареб зарра. Гьелъул хIакъалъулъ абула гьеб цо жо бугилан, ай бикь-бикьун бачIунареб. ТIадегIанав Аллагьги цо вуго, Жиндир заталъулъ бикь-бикьи букIине рес гьечIев. Жиндие кIиабилеб гьечIеб жойин абуни, гьеб ккола жинда релълъараб цоги жо гьечIеб жо, масала, бакъ. Гьеб жиндие черх бугеб жо букIин хал гьабун бикь-бикьун бачIине рес бугониги, гьелда релълъараб кIиабилеб бакъ гьечIо, амма букIине рес буго. Вужудалда батани, жиб цогояб, жинда релълъараб тIокIаб букIине ресги гьечIеб мавжуд (батараб, бугеб), гьелда абула мутIлакъго жиб цогояб мавжуд абун. Гьевги ккола тIадегIанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса жив цогоявлъун рикIкIуна, жиндиралда релълъараб лъикIаб пиша бугев чи гIадамазда гъорлъ гьечIони. Амма гьев цо вукIин буго гьесдаго релълъарал гIадамазде дандеккунги, гьев вугеб заманалде дандеккунги, гьесулъ бугеб цо-цо пишабазде дандеккунги бугеб жо. Щайин абуни, цогидаб заманалда гьесдаго релълъарав чи загьирлъизе рес бугелъул. МутIлакъго цолъун вукIин цохIо ТIадегIанав Аллагьасе гурого букIунаро. [1]
→ →
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2011-05-01. Щвей 2011-05-01.