Indonesia AirAsia компаниялъул 8501 рейс
| | |
| ГІаммал баянал | |
|---|---|
| 28 декабря 2014[1] | |
| ТӀагӀин | |
|
|
| Гьавадул гама | |
|
|
|
| Airbus A320-216 | |
| Халип:Флаг / Индонезия Indonesia AirAsia enav | |
| QZ8501/AWQ8501 | |
| PK-AXC | |
| 2008 соналъул 25 сентябралъ (тІоцебесеб роржен гьабуна) | |
| 155 | |
| 7 |
Indonesia AirAsia 8501 рейс — Indonesia AirAsia enav авиакомпаниялъул низамалда гьабулеб, Сурабая—Сингапур маршруталъул гӀадамал раччулеб рейс. 2014 соналъул 28 декабралъул шамат сордояъ гьеб рейс гьабулеб букӀараб самолет Airbus A320-216 тӀагӀана Джуанда аэропорталдаса боржаралдаса хадуб. Гьелда тӀад рукӀана 155 рекӀаравги 7 экипажалъулавги[2].
Самолет къватӀибе бахъана Джуанда аэропорталдаса 5:35 бакӀалъул заманалда (UTC+7) ва гьеб рещтӀине кколаан 8:30 SST (UTC+8). БакӀалъул заманалда рекъон 07:24 (SST) самолеталъулгун бухьен тӀагӀана. Гьеб заманаялда гьеб букӀана Ява ралъадалда тӀад Калимантаналдаги Яваялдаги гьоркьоб.
Самолёт
[хисизабизе | код хисизабизе]Airbus A320-216 заводалъул номер 3648 гъоркь, тӀоцебесеб роржин гьабуна 2008 соналъул 25 сентябралъ ва заводалъ хӀалбихьиял гьарулебгӀанаб заманаялъ гьеб букӀана хъвай-хъвагӀаялъул номер F-WWBZ гъоркь. Гьелъул кӀиябго къватӀибехунисеб турбовентиляториял двигателал рукӀана CFM International CFM56-5B6/3 моделалъул, ва салоналъул пассажирал жанире унеб къадар — 180 бакӀ эконом-классалъул (конфигурация Y180)[3]. 2008 соналъул 16 октябралда авиалайнер лӀугьана индонезиялъул авиакомпаниялде Indonesia AirAsia enav, цӀияб хъвай-хъвагӀаялдаса хадуб — PK-AXC номерги щвана.[4]. Кинабниги самолёталъ гьабураб хӀалтӀи бахана 23 азарго сагӀтиде ва 13,6 азарго къотӀел «боржин-гӀодобчӀей»[5].
ЛӀугьа-бахъиналъул рикӀкӀин
[хисизабизе | код хисизабизе]| Пачалихъ | Пассажирал | Экипаж | Кинниги |
|---|---|---|---|
| 1 | 0 | 1 | |
| 149 | 6 | 155 | |
| 1 | 0 | 1 | |
| 3 | 0 | 3 | |
| 1 | 0 | 1 | |
| 0 | 1 | 1 | |
| ХӀасил | 155 | 7 | 162 |
Самолёталъ роржен гьабизе кколеб букӀана Сурабая — Сингапур — Семаранг — Сингапур — Сурабая маршруталда. Щибаб этапалъул рейсазда данде кколел номерал рукӀана AMQ8501, AMQ663, AMQ662 ва AMQ8502. 8501 рейс боржине кколаан планалда рекъон Джуанда аэропорталдаса (Сурабая) 27 декабралъул къаси сагӀат 22:20 UTC, ва рещтӀине кколаан 28 декабралъул къаси сагӀат 00:30 UTC Чанги аэропорталда (Сингапур)[7]. Къаси сагӀат 22:35 UTC (05:35 бакӀалъул заманалда рекъон), ай расписаниялдаса 15 минуталъ кватӀун, 155 пассажиргун (138 чӀахӀиял, 16 гӀиссинал ва 1 лъимер) ва 7 экипажгун, къватӀибе бахъана 8501 рейс Джуанда аэропорталъул 10 чӀолоялдаса, цинги квегӀиса свериги гьабун гьелъ ккуна 329° курс, Ява ралъдалъехун балагьун[5].
СагӀат 22:54 самолёт бахана 320 рорженалъул уровеналде (9,8 км) ва дагьабго свери гьабуна квегӀисехун, 319° курсги ккун. Цинги 10 минуталдасан цоги нухалъ квегӀисехун свери гьабуна, гьелъул хӀасилалда курс хисана 310°. 23:12 (06:12 бакӀалъул заман) экипажалъ бухьен гьабуна Джакартаялда бугеб гьаваялъул багъа-бачариялъул бетӀерлъи гьабулеб централъулгун ва бицана пиригун бугеб чвахун цӀадалдаса лӀутун сверун унаго рорженалъул маршруталдаса квегӀисехун сверараллъи. Гьединго гьез изну тӀалаб гьабуна 380 рорженалъул уровеналде (11,6 км) рахине изну. самолеталъулгун ахирисеб радиохурхен букӀана сагӀат 23:16 минут араб мехалда. СагӀат 23:18 UTC (06:18 бакӀалъул заман) 8501 рейс тӀагӀана индонезиялъул гьаваялъул багъа-бачариялъул бетӀерлъи гьабулеб хъулухъалъул радиолокаторазул экраналдаса, ва 23:24 итнут араб мехалда экипажалъулгун тӀубанго бухьен тӀагӀана. Flightradar24 сайталъул баяназда рекъон, 8501 рейс гьеб заманалда букӀана Ява ралъдада тӀад 320 рорженалъул уровеналда, кутакалда гучаб пиригун чвахун цӀад бугеб бакӀалдас аскӀоб. Самолеталдасан ракьалде къварилъи ккеялъул кинабгӀаги сигнал бачӀинчӀо[5][8].
Баяназда рекъон, 28 декембер 2014 соналъул щвезегӀан самолет бугеб бакӀ яги гьелъул хутӀелал ругеб бакӀ чӀезабун гьечӀо.
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ https://web.archive.org/web/20141228223313/http://www.teinteresa.es/sucesos/Boeing-indonesio-helicopteros-buscan-perdido_0_1274872566.html
- ↑ "Потеряна связь с пассажирским рейсом AirAsia Индонезия — Сингапур". Интерфакс. Щвей 2014-12-28.
{{cite web}}: Unknown parameter|datepublished=ignored (help); no-break space character in|title=at position 55 (help) - ↑ "PK-AXC Indonesia AirAsia Airbus A320-216 - cn 3648" (мацӀ: английский). Planespotters.net. Архивация оригинал, 2014-12-30. Щвей 2014-12-28.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - ↑ "PK-AXC Airbus A320-216, заводской 3648, двигатели CFM56-5B6, собран в 2008" (мацӀ: русский). OneSpotter. Архивация оригинал, 2014-12-28. Щвей 2014-12-28.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - 1 2 3 "ASN Aircraft accident Airbus A320-216 PK-AXC Java Sea" (мацӀ: английский). Aviation Safety Network. Щвей 2014-12-28.
- ↑ Facebook аккаунталда авиакомпаниялъул лъазабиялда рекъон, 2014 соналъул 28 декабралъ 6:54 (GMT+8) бачӀараб.
- ↑ Баянал кьун руго роржиналъул тӀадкъаязда рекъон.
- ↑ Jethro Mullen (2014-12-28). "AirAsia Flight QZ 8501 with 162 on board goes missing on way to Singapore" (мацӀ: английский). CNN. Щвей 2014-12-28.
- Википедия:Статьи с вики-разметкой в изображении карточки
- Википедия:Макъалаби Викибаяназдаса иццалгун
- Википедия:Статьи со ссылками на элементы Викиданных без русской подписи
- Макъалаби цІар гьечІел халипал-карточкабигун
- CS1 errors: unsupported parameter
- CS1 errors: invisible characters
- CS1 errors: invalid parameter value
- CS1 английский-мацӀал иццал (en)
- CS1 русский-мацӀал иццал (ru)