Перейти к содержанию

Эрменистаналъул административиябгин территориалияб рикьи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Эрменистаналъул административиябгин территориалияб рикьиялде гъорлӀе рачӀуна: икълимал (марзал, цІам. մարզ), жамагӀатал, жамагӀаталъул статус бугеб Ереван шагьар ва гьелъул административиял районал. ЖамагӀаталъ гъорлӀе бачине бегьула цо яги чанго гӀумру гьабулеб бакӀ. Эрменистан Жумгьурият ккола унитарияб пачалихълъун.

Эрменистаналъул марзазул марказалги цогидал шагьаралги рихьизарулеб карта.

Эрменистан Жумгьурият бикьула анцӀго икълималде ва Ереван шагьаралде[1].

Икълимазул территориял гӀуцӀун руго гьезде гъорлӀе кколел жамагӀатазул территориязги пачалихъалъул буголъилъуг кколел цогидал ракьазги, лъел сверухълъеназги.

Икълимазда гьабула пачалихъияб хӀакимлъи, Ереваналда ва цогидал жамагӀатазда буго бакӀалъул хӀакимлъ. Губернаторал (марзпетал) хъулухъалде тӀамула ва хъулухъалдаса рахъула Эрменистан Жумгьурияталъул хӀукуматалъ. ХӀукуматалъул гьел амруязе ратификация гьабула пачалихъалъул президентас. БакӀалъул хӀакимлъиялъул органлъун ккола жамагӀатулӀ харабазул шура ва жамагӀаталъул нухмалъулев (шагьаралъул мэр, росдал бегавул), вищулоа гьев ункъго соналън мажоритарияб системаялда рекъон. Ереваналъул мэр вищула шагьаралъул Харабазул Шураялъ, гьел жалго рищула Ереваналда гӀумру гьабулез ункъго соналъе.

Икълимазул ва Ереван шагьаралъул гӀурхъаби, Ереваналъул территориялда ругел гӀумру гьабулел бакӀазулги административиял районазул гӀурхъаби чӀезарун руго Эрменистаналъул къануназда — «Эрменистан Жумгьурияталъул административиябги территориалияб рикьиялъул хӀакъалъулӀ» ва «Ереван шагьаралда бакӀалъул хӀакимлъиялъул хӀакъалъул» — баян гьарун рихьизарун руго топографикиял картабаздаэ

2011 соналде бугеб хӀалалда рекъон, жумгьурияталда буго 953 росу, 48 шагьар, 932 жамагӀат, гьезул 871 росдал ва 61 шагьаралъул.

Эрменистан Жумгьурияталъул гӀумру гьабулел бакӀазул ва жамагӀатазул сияхӀги цӀарал хисизариялъул тартибги баян гьарун руго цебеккун рехсараб Къануналда.[2][3][4]

№ Икълим Эбелаб мацӀалда
цӀар
ГӀатӀилъи,
км²
Халкъ
(2011)
Халкъ
(01.04.2020)[5]
Хис-бас Административияб
марказ
1. Арагацотн икълим Արագածոտնի մարզ 2756 132 900 124 600 -6,2% Аштарак
2. Арарат икълим Արարատի մարզ 2090 260 400 256 400 -1,5% Арташат
3. Армавир икълим Արմավիրի մարզ 1242 265 800 263 700 -0,8% Армавир
4. Вайоцдзор икълим Վայոց Ձորի մարզ 2308 52 300 48 500 -7,3% Ехегнадзор
5. Гехаркуник икълим Գեղարքունիքի մարզ 5349 235 100 227 300 -3,3% Гавар
6. Котайк икълим Կոտայքի մարզ 2680 254 400 250 800 -1,4% Раздан
7. Лорий икълим Լոռու մարզ 3799 235 500 212 800 -9,6% Ванадзор
8. Сюник икълим Սյունիքի մարզ 4506 141 800 137 000 -3,4% Капан
9. Тавуш икълим Տավուշի մարզ 2704 128 600 121 200 -5,8% Иджеван
10. Ширак икълим Շիրակի մարզ 2680 251 900 230 800 -8,4% Гюмри
№ Шагьар Эбелаб мацӀалда
цӀар
ГӀатӀилъи,
км²
Халкъ
(2011)
Халкъ
(01.04.2020)
Хис-бас Административияб
марказ
— Ереван Երևան 223 1 060 100 1 083 800 +2,2% —

Эрменистаналъул административияб рикьиялъул тарих

[хисизабизе | код хисизабизе]

1920-лел соназ Эрменистаналъул ССР бикьулаан уездазде (1928 соналъ букӀана 10). 1929 соналъ жумгьурияталъул территория бикьана 5 сверухълъиялде (Зангезур, Ленинакан, Лори, Севан ва Эриван), гьел жалгоги рикьулаан мухъазде. ЛъагӀел ингун сверухълъиял риххизаруна ва мухъал рачӀана жумгьурияб нухмалъиялде гъоркье. 1952 соналъул январалда Эрменистаналъул ССР цӀидасан бикьана сверухълъиязде: Ереван, Кировакан ва Ленинакан. Амма 1953 соналъул маялда сверухълъиязде бикьи хвезабуна. Дагьа-макъаб хис-басгун мухъазде бикьи букӀана Эрменистаналда 1995 соналъул июлалде щвезегӀан, хадуб гьабуна жакъаги бугеб икълимазде бикьи.

Эрменистаналда бакӀалъул нухмалъи гьабула жамагӀатазда; гьезда гъорлӀ букӀине бешьула цо ягт чанго гӀумру гьабулеб бакӀ. Эрменистаналъул жумгьурияб партиялъ хӀакимлъи гьабулеб заманалда байбихьараб жамагӀатал кӀодо гьариялъул процесс унеб буго жакъа къоялъги. 2020 соналъул маялде букӀана 53 кӀодолъизабураб жамагӀат[6].


  1. ↑ Икълимал
  2. ↑ Закон Республики Армения «Об административно-территориальном делении Республики Армения». Принят 07.11.1995. Подписан Президентом Республики Армения Л. Тер-Петросяном 04 декабря 1995 года, гор. Ереван С-062-1.-ЗР-18
  3. ↑ Регионы. Правительство Республики Армения.
  4. ↑ Национальная Статистическая Служба Республики Армения
  5. ↑ "ՀԱՅԱՍՏԱՆԻ ՀԱՆՐԱՊԵՏՈՒԹՅԱՆ ՄՇՏԱԿԱՆ ԲՆԱԿՉՈՒԹՅԱՆ ԹՎԱՔԱՆԱԿԸ 2020 թվականի ապրիլի 1-Ի ԴՐՈՒԹՅԱՄԲ" (PDF).
  6. ↑ "ՎԱՐՉԱՏԱՐԱԾՔԱՅԻՆ ԲԱՐԵՓՈԽՈՒՄՆԵՐ - ԽՈՇՈՐԱՑՎԱԾ ՀԱՄԱՅՆՔՆԵՐ" (мацӀ: армянский). www.mtad.am. Архивация оригинал, 2020-06-04. Щвей 2020-05-23. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)