Эмбиент
Куц-мухъ
Э́мбиент (ингил. ambient «сверухъаб») ин абула гьаркьил тембралдалъун гьабулеб электроникияб музикалъул субжанралде. Эмбиенталде абула атмосферияб, энвелопияб (сверунбацизабулеб), гӏинзуе квал гьабулареб, фоналда букӏунеб бакъанин. Лӏугьана 1970-л соназ Брайан Энол рижелаздалъун. Гьеб мехалдаса нахъе формизабуна жеги цочанго субжанрал. Популярияблъун лӏугьана 1990-ел соназдаса бахъараб, масала, The Orb ги Aphex Twin-ил (Эйфекс Твин) хӏалтӏаби сабалъун.
Жегигицин унго хӏалихъ щиб кколеб эмбиентан абизе бегьуларо, щай гурони гьеб жанралъул цӏар чӏвазе бегьулеб буго батӏиял жанразул авторазул хӏалтӏабаздаги.