Перейти к содержанию

Щокърол къоно

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Щокърол къоно
Щокърол къоноялъул цебесеб рахъ
Деталал
Цебежо 4-леб ва 6-леб мукъулукъил кӀармаздаса
Identifiers
Латин Prominentia laryngea
TA Ошибка скрипта: Функции «getTAValue» не существует.
FMA 55304
Анатомиялъул терминология

Щокърол къоно (Латин: prominentia laryngea) — инсанасул щекъералда бугеб цӀутӀел, жиб мукъулукъалда сверун бугеб хъалхъангӀадаб цӀилалъул бокӀоналъ гӀуцӀараб; дандчӀвала аслияб къагӀидаялъ бихьиназул

Щокърол къоноялъул структураялъ лӀугьинабула тӀомода гъоркь цӀутӀел. Аслияб хӀалалъ, гьеб букӀуна кӀудияб ва халлъулеб гӀурал бихьиназул, щай абуни бихьиназул гьелъул роценалъул букӀуна тенденция пубертлъиялъул заманалда кӀодолъиялде,[1] гьебги гьормоналиял хисиязул хӀасилалда. Руччабазул хъалхъангӀадаб цӀилалъул тӀасияб рагӀалда бугеб гьеб халлъула загӀипго яги загьирлъуларо.[2]

Щокърол къоно, гьеб лӀугьинабураб хъалхъангӀадаб цӀилалда хурхун, кумек гьабула мукъулукъалъул къадал ва цебесеб рахъ, гъорлӀе битӀун мукъулукъалда нахъа ругел гьаркьилал пардавалги рачун, цӀунизе.

Щокърол къоноялъул цогидаб функция хурхараб буго гьаракь гъварилъизабиялда. ГӀолилазулаб ригьалда хъалхъангӀадаб цӀил рекӀуна мукъулукъгун гьудала. Гьединлъидал мукъулукъил къоноялъул роцен кӀодолъула аслияб къагӀидаялъ бихьиназул. Цадахъ, фонационияб аппараталда лӀугьуна дагьабги кӀудияб дека, гьелъул хӀасилалда бихьинчиясе щола дагьабги гъваридаб гьаркьилаб нота.[3][4]

Щокърол къоноялъул куц-мухъ хисизабизе гьабулеб косметикияб операция буго хондроларингопластика (хъалхъангӀадаб цӀил гьитӀин гьаби). Операция буго эффективияб, гьединлъидал захӀмалъизариял руго къанагӀатал ва, лӀугьаниги, тӀасаунел.[5]

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Anatomy-terms

  1. ^ "Prominentia laryngea Medical Term Medical Dictionary". Medicine Online. Архивация оригинал (2013-12-25). Щвей 2013-02-27.
  2. ^ "Laringe". Sisbib.unmsm.edu.pe. Щвей 2013-02-27.
  3. ^ P. J. Bentley (1980), "Endocrine Pharmacology: Physiological Basis and Therapeutic Applications", CUP Archive, pág 240
  4. ^ "Pubertad, nuestras diferencias". Esmas.com. Архивация оригинал (2004-09-08). Щвей 2013-02-27.
  5. ^ Wolfort FG, Dejerine ES, Ramos DJ, Parry RG (1990). "Chondrolaryngoplasty for appearance". Plast. Reconstr. Surg. 86 (3): 464–9, discussion 470. doi:10.1097/00006534-199009000-00012. PMID 2385664.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Human regional anatomy Халип:Larynx anatomy