ХӀаркуч

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ХӀарку́ч (лат. Petasítes) – Asteraceae хъизамул къогогӀанасеб регӀ данделъизабулеб гӀемерсаназул хурдузул сибтI. СибтIил мумасилал Шималияб гьемисфералъул гьоркьохъеб климаталъул киналго районазда тӀибитӀун буго. Цо-цо регӀал субарктикияб зоналдецин рахун руго. ХӀаркуч гӀола рагьа́рал бакӀазда, лъелхӀордузул рагӀалабазда. Киналго регӀал тӀегьала цудунаб охолилӀ (гӀазаби риун хадуб, цодагь квачарал бакӀазда – январ-марталъ).

ХӀаркучил цо-цо регӀал бол медициналда хӀалтӀизабула цебегоялдаса нахъе, гьанжесеб медициналъ дарабазулӀги хӀалтӀизабула гьеб. Япониялъул хӀаркучил (Petasites japonicus) гӀололIал чIилал японияз кванилӀ хӀалтӀизабула. ТӀансатайпаял (жидеца ракь бацунел) кин гьел хурдул ахихъанлъулӀги хӀалтӀизарула.

ХӀаркуч