Перейти к содержанию

Хьаргабиса МухӀамадбег

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хьаргабиса МухӀамадбег

Хьаргабиса МухIамадбег (БЕГИЛАВ) (1830—1912)

МухIамадбег гьавун вуго Хьаргаб росулъ мискинаб хъизаналда. ГьитIинго гьев гIараб цIалулев вукIун вуго. Амма язихълъиялъ, цIалиги рехун тун, гьес цIцIана-вехьлъи гьабизе ккун буго. Хьаргабе рагъ щвараб мехалъ, гьев Шамилил болъе ун вуго ва рагъ лъугIизегIан эркенлъиялъе гIоло къеркьон вуго. ПасихIав, кочIое гьунар бугев чиги вукIун, гьес Шамилил рагъазул хIакъалъулъ «Хьаргаби босиялде», «СалтIа бахъи», «АхIул-гохI» гIадал къисабиял асарал хъван руго. Бегилав ккола аваразул эпикияб поэзия гIуцIаразул цоявлъун. Поэтасул асарал жеги данде гьарун гьечIо. [1]


  1. ^ "Archive copy". Архивация оригинал (2011-03-14). Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)CS1 maint: archived copy as title (link)